МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул "ЛъагIалил персона": кин ва лъица баянлъизавулев?


«ЛъагIалил чи» абураб премия тIобитIулеб буго Дагъистаналъул интернет-секторалда. Исана гьеб тIобитIулеб буго кIиабилеб нухалда. Жалго премиялъул гIуцIарухъабаз гьеб халкъияб премия кколин ва мустахIикъал тIаса халкъалъ рищулин абулеб буго, амма халкъалъ гьеб нахъчIвалеб буго.

Премиялъул гIуцIарухъан, «Реальный Дагестан» абураб проекталъул нухмалъулев Исрафил Исрафиловас баян гьабухъе, гьеб кколеб буго жамгIияталъул гIумрудул батIи-батIиял сферабазда жигарлъи ва лъикIал хIасилал лъагIалида жанир рихьизарурал гIадамал тIатинариялъл мурадалда тIобитIулеб жо. Исана гьеб премия лъазабун бугила халкъияблъун, мустахIикъал халкъалъ тIасарищулел рукIиналъ. Кинал критериязда рекъон цо хасаб номинациялде чи восулев ва лъица сияхIал гIуцIулелали гьадин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Исрафил Исрафилов: «Щибав кандидат вищулаго хIисабалде босула гьесул жигарчилъи, гьабулеб хIалтIи, пайда, рахмуялъул ишал. Гьеб конкурс цин халкъалъ гьаркьал кьун халатбахъине буго 5 ноябралде щун, хадуб хасаб экспертазул комиссиялъ, щибаб номинациялда бищун гIемер гьаркьал щварал лъабго чиясда гьоркьосан тIаса вищие вуго цо чи, ва хIасилал лъазаризе руго декабрь моцIалда».

Премиялда бихьизабун буго чанго номинация: «ЛъагIалил министр», «ЛъагIалил кIочIохъан», «ЛъагIалил журналист», ЛъагIалил блогер» ва цогидал. «ЛъагIалил жамгIияв хIаракатчи» абураб номинациялда вихьизавун вугев жамгIияв хIаракатчи Шамиль Хадулаевас абулеб буго жинда бичIчIуларин, кин цогIаги жамгIияб данделъиялда, хIалтIулъ рихьичIел чагIи гьеб номинациялде ккаралалицин. Жиндие цIар нахъе хъвагIазецин бокьилаанила гьенисан, щай гурелъул гьединал гьаркьал кьеяз жамгIият бикьакълъизе гьабулелъул, жамгIиял хIаракатчагIи кидаго цойидасан рукIине кколин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Шамиль Хадулаев: «Гьеб гьаркьал кьеялда руго гIумруялъго рихьичIел, рагIичIел гIадамал. Масала, жамгIияб хIаракатчийилан абун руго цониги данделъиялда, цониги жамгIияб хIалтIулъ гIахьаллъичIел чагIи. ЛъагIалида жаниб 50-60 данделъи букIуна жамагIатчагIазул, цониги нухалъ рихьичIел чагIи руго гьенир рехсон. ХIикмалъула дун. Дица дун гьенисан нахъе хъвагIайилан тIалаб гьабулеб буго, щай гурелъул, гьабулеб хIалтIиги жамгIияб хIалтIиги дица гьабула гьел гьаркьазе гIолон гуреб, гIадамазе гIолон. Гьеб цIакъ объективияб рахъ гьечIеб жо буго. Гьазие кьейила гьаркьал, дозие кьейила хъвадарун, щалалицин лъаларел гIадамазе гьаркьал ракIарулел руго цо чIагIи».

Араб соналда «ЛъагIалил чи» абураб премиялда «ЛъагIалил журналист» номинациялда гIахьаллъарав МухIамад БисавгIалиевасул пикруялда гьеб кинабго буго цо хасал къокъабаз премияги багьанаде бачун гIарац гьабизе бахъараб жо.

МухIамад Бисавалиев: «Объективияб гьеб гьечIо, гьеб буго цо хасал чагIаз жидеего гIарац гьабизе гьабулеб гали. Бищун цIикIкIун гьенир 300-400 чи гIахьаллъула, гьелги рукIуна рецц-бакъ къваригIарал тIадагьал чагIаз гьазда-дозда гьарун, жидеего кьезарурал гьаркьал. Масала, араб соналда дун дидагоцин лъачIогон «ЛъагIалил журналист» абураб номинациялда вихьизавун ватана, цогидал щалалицин лъаларел гIадамалгун. Дица гьарана дун нахъе вахъейин гьенисан, амма дир тIалаб тIубачIо. Исанаги гьеб номинициялда тIоцересел кьерда ругел гIадамал дида гIумруялъ рагIарал чагIицIин кколаро. Гьеб буго гIадамал гуккизе хасал чагIаз жидерго интересазда гьабураб жо».

Халкъиябин абулеб бугин гьеб премиялде, амма жакъа халкъ гьелъул кIваралда гьечIин, гIицIго цо рахъ бугин гьелъул лъикIаб, кигIан пайда гьечIев чи ватаниги гьенив бергьунев, гьев чи жамгIияталда лъалин, цинги гьесдаса халкъалъ тIалаб гьабизе бугин щиб ва кин гьесухъа бажарулебалийин рикIкIунеб буго журналист МухIамад МухIамадовас.

«ЖамгIияв ХIаракатчи» абураб номинациялда вихьизавун вугев хIаракатчи Булач ЧIанкIалаевасул пикруялда, гьеб премия гьаби лъикIаб пикру буго, амма гIумруялде бахъинабиялда тIасанкIалъаял гIемер ругила. Техникиял гъалатIал риччан ругила гIуцIарухъабаз гIемер.

Блоггер ва социалиял гьиназул жигарав гIахьалчи Камал Салмановас бицухъе, гьеб премия релълъунеб буго рецц-бакъалъул ярмаркаялда.

Камал Салманов: «Халкъиябилан цIар бугеб гьеб гьаркьал кьеялда бан дир пикру кинаб бугебин абуни, дида гьенир рихьана хIакъикъаталдаги мустахIикъал гIадамал чанго чи, амма гьеб премиялъе гуреб гьез гьабулеб хIалтIи бугеблъи лъала дида. ГIаммаб куцалда, гьеб буго фарс, Теккерейил асаралъул цIар хисизабун абила гьеб рецц-бакъалъулги кIигьумерчилъиялъулги ярмарка бугин».

ГIабдурашид СагIидовасул пикрялда лъагIалил чилъун рикIкIине кканани, цин гьев мусахIикъав вукIине кколев вуго гьеб цIаралъе. Цого цо интернеталда хъвай-хъвагIаял гьарулел, амма кинабниги батIияб бихьулеб хIалтIи гьечIел чагIазе гурила гьеб цIар кьезе кколеб.

ГIабдурашид СагIидов: «Пуланав чиясда лъагIалил чийилан абизе кканани, гьесул нахъа тараб лъалкI букIине ккола, гьелда рекъараб хIалтIиги, гьеб хIалтIи тасдикъ гьабулеб хIужаги. Интернеталда гьарурал хъвай-хъвагIаязухъ кьолеб жо гуро гьединаб премия букIунеб. Интернет абула годекIан бугин, амма росулъ годекIан гуребги букIуна росу рагIалда лъимал расандулеб бакIги. Гьелда релълъуна интернетги, фейсбукги, бокьарас бокьараб хъвалеб, бокьараб бицунеб. Гьелъ, интернеталда гьарурал хъвай-хъвагIаял кколаро хIужалъун чи мустахIикъавлъун рикIкIиналъе».

Цогидал, цIех-рехалда гIахьаллъарал дагъистанияз загьир гьабуна пикру, гьеб премиялда рихьизарурал чагIазул аслияб къадар бугила социалиял гьиназда гIемер паркъулел гIадамал. ХIакъикъаталдаги мустахIикъал чагIи гьенир дагь ругила. Лъица гьел тIаса рищаралиги бичIчIулеб гьечIила.

XS
SM
MD
LG