МагъчIваялъе рес

Сапият МахIамадова: «ГIундул степлералъ рорлъун гIазаб кьун буго Ражитхановасе»


Хасавюрталъул Жанисел ишазул бутIаялда изну гьечIого яргъидгIуцIаралгун бухьен букIиналда щаклъи букIун ккурав гIолиласда хIал гьабун, гIазаб кьун , жинца гьаричIел ишазулъ мукIурлъи тIалаб гьабулеб бугин лъазабулеб буго ккурав васасул адвокат Сапият МухIамадовалъ.

Хасавюрт шагьаралдаса Ражитханов Джамал ккун вукIин гьесул гIага-божаразда лъан буго гьоркьоб цо къо индал. МахIачхъалаялдаса Краснодаралде автобусалда рекIун унев вукIарав 20 сон барав гIолилав низам цIунулез гъоркье рещтIинавун, ккун вуго 2 октябралда.

4 октябралда бакъанида, жий вас Краснодаралда ватилин йигеб заманалда, Жанисел ишазул бутIаялдаса ахIун бачIанин гьев ккун вугилан лъазабизейилан абулеб буго ккурасул эбел ХIавра Ражитхановалъ. Изну гьечIого яргъидгIуцIаразе квен ва цогидаб щвезабулеб букIун бугин гьесилан абулеб бугила, амма мухIканаб хIужа гьесде гIайиб гIунтIизабулеб, лъабго къо аниги жеги лъазабичIин абулеб буго эбелалъ.

ХIавра Ражитханова: «Кин, щибун дир вас ккуравалицин лъаларо дида. Рузман къоялъ сапаралъ вахъана дир вас МахIачхъалаялдаса. ГьатIан къоялъ хIукуматалъ тарав адвокат вугилан абун кIалъан вачIана дихъе чи. Гьес бицана дида Джамал ккун вугин ва гьесде изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун бухьен букIиналда бан гIайиб гIунтIизабулеб бугин, кидаялиго чIварав яргъидгIуцIарасе кумак гьабулел букIун бугин гьесилан чIезабун бугила. Гьединго хъачагълъи гьабиялъулъ гIахьаллъи букIиналъул щаклъи бугилан абуна гьес.

Кинин гьеб букIунеб, вухун вугодайин гьевилан цIехедал, лъачIого кIаркьен тункун, хъахIиллъун бугилан абуна. ГьабсагIаталда щиб гьесие бугеб, кинал статьябазда рекъон гIайиб гIунтIизабулеб бугебали лъалеб гьечIо. Вас Краснодаралде ун вукIана хIалтIизе, гьаниб хIалтIи щвезе захIмат букIиналда бан. Нижеца хIукуматалъул адвокатасдаса инкар гьабуниги, гьабсагIат нижеца къотIи гьабурал адвокатал риччалел гьечIо гьесухъе, гьев хIукуматалъул адвокат унев вуго».

Эбелалъ васасе ккурал адвокатаздаса инкар гьабун бугилан , гьесухъе риччалел гьечIин жалин абулеб буго Ражитхановасул адвокат Сапият МухIамадовалъ. ТIоцее жинца цIунулев вихьизе индал, гьелъие изну хIажалъулин цIех-рехчиясулин абун, инкар гьабулеб букIанила. ТIолго Россиялда кIудияб гIунгутIи бугила, гIайиб гIунтIизабулев адвокатасда вихьизе тунгутIи, цIехрехчиясул изну гьечIого, амма гьеб изну тIалаб гьаби къануналда рекъараб кколарила.

Гьеб суал Россиялъул президентасда цебецин борхун букIанин абулеб буго адвокаталъ. Итни къоялъ Джамал вихьизе рес щванила жиндие ва гьесул къаркъалаялда хIал, зулму гьабиялъул лъалкIал рукIанин, живго Джамалицаги мукIурлъи тIалаб гьабун гьесие кьурал гIазабазул бицанин баян гьабуна Сапият МухIамадовалъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Сапият МахIамадова: «Дидаго цадахъ Ражитхановасул интересал цIунулел руго цойги адвокатасги. Итни къоялда Хасавюрт шагьаралъул жанисел ишазул бутIаялда, заманалъул туснахъалде ун дица цIунулев вихьизе тIалаб гьабуна. Гьениб нижеда абуна следователасул изну хIажалъулин. Кинго рес щвана Джамал вихьизе.

Гьесул къаркъалаялда хIал-зулму гьабиялъул лъалкIал рукIана. ГIундузда гIисинал картIал ругоан, гьел степлералъ рорлъанин бицана гьес. Гьединго кверазда рукIана ток биччан гIазаб кьеялъул лъалкIал. Мугъзада кIудияб хъахIиллъи ва кIаркьалда ругъун. БотIрода къвачIа хун ва скотч тIад чIван, хьохьел тIагIун, гIакълуялдаса инавун, гьединги кьун буго гIазаб.

Дуда хIал хулму гьабун бугин гIарза хъвайилан абидал, гьес абуна хъваларин, жив хIинкъулин гьел гIазабал нахъеги кьелилан. Кингоги дица гьезда хIажат ккун гурого бихьиларин хъвазабуна гIарза, нагагь эбелалъ ккурал адвокатаздаса инкар гьабунани, гьеб хIукму жинца хIал-зулму гьабун гьабураб букIин лъайилан абун.

Жакъа гьесухъе нахъеги индал, Жанисел ишазул бутIаялда абуна, гIайиб гIунтIизабулес инкар гьабунин адвокатаздасайилан абун. Инкар гьес нижеда цебе гьабизе кколан, амма гьесухъе ниж кинго риччалел гьечIо. Кив гьев гьабсагIаталда ккун вугевалиги лъалеб гьечIо.

Дица гьабсагIаталда инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ Дагъистаналъул бетIерасул ишал кодоселъухъе ва республикаялъул прокуратураялде гIарза кьун буго, амма жеги жаваб щвечIо. Дида бичIчIула, гIайиб батани тамихIалде цIазе ккола, амма къанун хвезабун, инсанасул ихтиярал хвезари щай букIине кколеб».

ГьабсагIаталда ккурасул гIага-божарал ва ихтиярал цIунулел ЖамгIияб хал гьабиялъул комиссиялъул вакилзаби рачIиналъухъ балагьун чIун ругин тIаде жубана адвокаталъ.

XS
SM
MD
LG