МагъчIваялъе рес

Украинаялдаса лъутун рачIарал Дагъистаналда лъагIел бан хадуб


ЛъагIалидасаги цIикIкIун мех балеб буго Украинаялдаса лъутун рачIараз Дагъистаналда ругелдаса. Жалго Дагъистаниязда гьел жеги республикаялда рукIин кIочонеб буго, тIалъиялъ ва информ-сурсатазул гьезде цебе гIадин цIикIкIараб кIвар кьолеб гьечIолъиялъ.

Дагъистаналлде Украинаялдаса лъутун рачIарал гIадамазул аслияб къадар гIумру гьабун руго «Лезет» ва «Дельфин» абурал хIухьбахъиялъул базабазда. Дагьабго къадар лъутун рачIаразул гIумру гьабун руго жидерго Дагъистаналда бугеб гIагарлъиялъухъ. 2014 соналъул июнь моцIалда жанир Дагъистаналде лъутун рачIун руго гIамммаб куцалда 520 чи. Жакъа къоялде Дагъистаналда хутIулел руго 348 Украинаялдаса лъутун рачIарал. Гьединал баянал кьолел руго Дагъистаналъул Миграциялъул хъулухъалъ.

МахIачхъалаялдаса рикIкIад гьечIеб «Дельфин» абураб базаялда хутIулел руго 99 лъутун рачIарал. БачIинахъего жидер гьанир рукIанин 117 чи, амма цо-цоял цогидал регионазде анин ва цо-цоял тIад руссун Украинаялде анин, рукIанин Украинаялде щвезе ун тIад руссун Дагъистаналде рачIаралгийилан абулеб буго Ольга Никитюкица.

Ольга васгун ва нусгун цадахъ лъутун ячIун йиго Донецк шагьаралда гIагар бугеб Горловка росулъа. Жийго Ольгада ракIалда гьечIо Дагъистаналдаса нахъе ине. Дагъистаналдаса цогидал регионазде аралги гIемерисел ракI бухIун, тIад руссун рачIине бокьун ругилан абулеб буго гьелъ.

Ольга Никитюк: « Кьвагьи чIезабураб заманалда чангоял ун рукIана тIадруссун Украинаялде, амма гьел нахъеги рачIана. Руго цогидал регионазде аралги. Республикаялъул Миграциялъул хъулухъалъул хIалтIухъабаз заманаялъ гIумру гьабизе изну кьолел документал гьарулел руго нижее. 2018 соналде щвезегIан ниж гьанир рукIунеблъи мухIканаб жо буго.

Хадубккун кире ккелелали лъаларо, амма Россиялдаса нахъе ине ракIалда гьечIо нижеда. БачIинахъего кутакалда гIемераб ретIел-кун ва цогидаб бачIунеб букIана, гьеб лъугIана гьанже. Нижеца ниж хьихьизе ккелилан абулеб гьечIо, нижго хIалтIулел руго. ХIалтIизе бокьанщинал хIалтIудалъун хьезаруна».

Ольга хIалтIулей йиго гьенийго, богогьанлъун. Нусги гьенийго тукада йичарулей йиго.

Пенсионер Лариса Николаева лъутун ячIун йиго Донецк шагьаралдаса. Дагъистан лъикIаб бакI бугин, амма ругьунаб дурго квераз гьабураб квен ва цогидаб цIакъго бокьилаанин абулеб буго гьелъ. ГIагараб ракьалде тIад юссине хиял бугищин цIехедал, гьелъ баян гьабуна Донецк Россиялда гъорлъе бачIун хадуб гурого жиндие гьеб гIагараблъун лъугьине гьечIилан.

Пенсионералъ гьединго гIарз бахъана Дагъистаналда ругел лъутун рачIарал пенсионеразе пенсия кьолеб гьечIолъиялда бан. Москваялда ругел лъутун рачIаразе гьеб кьолеб бугин, амма Дагъистаалда ругел Миграциялъул хъулухъчагIи цIакъ хIенцал ругин, гьеб иш гьаниб цойиде ккезабун гьечIин баян гьабуна гьелъ.

ХIухьбахъи гьабулеб базаялда медикияй хIалтIухъанлъун хIалтIулей йигей Ирина Перевязкина лъутун ячIун йиго лъималгун Луганскалдаса. Араб соналда киналго лъутун рачIаразул лъимал хьвадулел рукIун руго МахIачхъалаялъул 12 школалде, амма исана гьел гьенире щвезабулеб транспорт гьечIолъиялъ лъимал цIализе ритIун руго гьенибго гIагар бугеб Гамиях росулъ рагьараб цIияб школалде.

Ирина Перевязкина: «ЛъагIел бана дун гьание ячIаралдаса, гьаний ругьунлъун ккун йиго. ГьабсагIат дагъистаниязул цебегIадаб кIвар гьечIин нижедехунилан абизе бегьиларо щай гурелъул горбода рекIун тIураларолъун. БачIиндаго, кинабго хIажатаб чIезабуна нижее, хIалтIизе бекIалги кьуна. Нижеца рукIа-рахъиналъухъ гIарац кьезе кколеб гьечIолъи буго нижее кIудияб кумак.

Школалде лъимал хIадурулаго кумак гьабилин ккун букIана, амма гьелъулъ кумак щвечIо араб соналда гIадинаб.Араб соналда нижер лъимал тIалъиялъ кумак гьабун МахIачхъалаялъул 12 школалде росун рукIана. Амма гьаниса шагьаралде буго кIудияб нух, исана гьел рачине транспортги гьечIо, гьелъ Гамиях росдал школалде ритIулел руго лъимал».

ХIухьбахъи гьабулеб базаялда гIумру гьабун руго кинабниги 26 лъутун рачIаразул лъимал. Гьезул 19 хьвадулел руго школалде. ХутIарал гIисинал лъимал хьвадизе гьенибго рагьун буго лъималазул ах.

2018 соналъул декабрь моцIалде щвезегIан Дагъистаналда ругел лъутун рачIаразул рукълъун кколеб буго гьел ругеб бакI. Хадубккун гьезул гIемерисезда ракIалда буго республикаялдаго чIейи гьабизе.

Дагъистаналъул ЗахIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министерлъиялда баян гьабухъе, жакъа къоялде хIалтIудалъун хьезарун руго кIинусидаса цIикIкIун Украинаялдаса лъутун рачIарал.

XS
SM
MD
LG