МагъчIваялъе рес

Салафиязул мажгит къана ЦIияб Къурушалда


Салафиязул буголъи бухIулеб буго ЦIияб Къуруш росулъ
Салафиязул буголъи бухIулеб буго ЦIияб Къуруш росулъ

Хасавюрт мухъалъул ЦIияб Къуруш росдал гIадамаца салафиязул мажгит къан буго ва гьел жалго росу тун къотIулел руго. Гьелъие гIиллалъун ккана дагьалъ цеве гьенив изну гьечIого яргъид гIуцIараз росдал имам чIвай.

Хасавюрт мухъалъул ЦIияб Къуруш росдал жамагIаталъ бакIалъулаб салафиязул мажгит къан буго. Росдал гIадамазул баяназда рекъон, гьеб тадбиралъулъ гIахьаллъи гьабуна I 500-гогIан чияс. Гьезда цадахъ рукIана полициялъул хIалтIухъаби ва мухъалъулаб тIалъиялъул вакилзаби. Къурушалъулазул ракIчIун буго гьеб мажгиталде как базе рачIунел салафияз изну гьечIого яргъид гIуцIаразул рахъ кколеб букIиналда.

Лъалеб букIахъе, 9 сентябралда гьеб росулъ чIван вукIана росдал имам МухIамад Хидиров. Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ лъазабун букIана такъсир гьабиялъул щаклъи бугин бакIалъулал такъсирчагIазул къукъаялда. ГIатIидго ЦIияб Къурушалда букIаралъул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана росдал бегавул Юсупов Рафикица.

Юсупов Рафик: ЖамагIаталъул тIалабалда рекъон данделъи гьабун букIана росдал имам чIваялда хурхун. ТIоцеве гьев чIваралдаса нахъе гьеб тIалаб гьабулеб букIана. Цо-цоязул къасд букIана киналго салафиял росу тун къотIизе, гьезул рукъзал рухIизе ва цоги гьужумал гьаризе. Дица гьеб дагьаб нахъбахъизабун толеб букIана, ахIвал-хIал гIодоцарабго кинабго ургъун гьабизеян.

Гъоркьоги бакIалъулал салафияз рохьилазул рахъ кколеб бугин, гьезул хъизамал Шамалде рагъде унел ругин, цIех-рехалда ругин гьелилан рази гьечIолъи загьир гьабулеб букIана жамагIатал. Амма хадув имам чIварабго тIубанго киназулго ццин бахъана ва гьел гIахьаллъун чIванилан божун руго киналго. Данделъиялда рукIана полициялъул хIалтIухъаби, мухъалъул нухмалъулев ва бакIалъулал депутатал. Росдал жамагIаталъ рикIкIунеб буго, гьел чагIазе жеги кьварараб тамихI гьабизе кколин».

Росулъ бугеб салафиязул мажгит къазе ихтияр бугищ къануналда рекъон, кинаб гIахьаллъи гьабизе кколеб гьеб бакIалда къуваталъул идарабаз ва хIукуматалъ абураб суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ Дагъистаналъул ихтиярал цIунулел идарабазул ва прокуратураялъул хIалтIухъабазул профсоюзалъул нухмалъулев Шамилов МухIамадица. Гьесул пикруялда рекъон, мажгит къазе бегьуларо гIадамазул щаклъи бугилан абун.

Шамилов МухIамад: Динги исламги инсанасул жиндирго хасаб иш буго. Гьениб хирургасул гIадам хIалтIи букIине ккола пачалихъалъул. Гурони, гьез кодоб гIаштIигун ритIарал гIаштIичагIаз хIалтIи гьабун лъугьунаро. Гьеб буго хIалтIи гьабунищ, гьабуна абизе гьабулеб жо. Мажгит къазе бегьуларо, гьеб буго жамгIияб идара. Гьелъ кьола квешал хIасилал.

Цойги эксперт, Россиялъул гIелмабазул академиялъул регоналиял цIех-рехазул централъул хIалтIухъан, политолог Кисриев Энверица рикIкIунеб буго, салафиязул мажгитал къаялъулъ пачалихъиял идарабаз гIахьаллъи гьабизе бегьуларо, гьеб ккола инсанасул ихтиярал хвезари.

Кисриев Энвер: Лъилниги ихтияр гьечIо мажгиталъул ва цоги рухIияб идараялъул ишазде гъорлъе жувазе, гьезул хIалтIуе квал-квал гьабизе. Къуваталъул хIалтIухъаби журазе бегьула гIицIго гьениб къанун хвезабиялъул хIужа бугони.

Амма имам чIваралин рикIкIунел такъсирчагIиги ккун ратичIони, гьезул гIайибги чIезабун батичIони, диваналъ хIукмуги къотIун батичIони, щай гьеб ахIвал-хIал хIалуцинабулеб бугеб бичIчIуларо? Мажгиталде унел чагIаз къанун хвезабулеб батичIони, лъицаниги гьеб мажгит къазе бегьуларо, гьеб буго жамгIияталъул иш. Пачалихъ диниял ишазда гьоркьобе жубазе бегьуларо, гьедин хъван буго Россиялъул Конституциялдаги. Пачалихъалъ ва къуваталъул идарабаз халгьабизе ккола къанун хвезабулеб бугищали.

Батани, гьеб гьабурал тамихIалде цIазе ккола гьесул диналда, политикиял бербалагьиялда хал гьабичIого. Дида лъала, мажгитал къаялъул иш тIубараб улкаялдаго унеб букIин ва гьениб пачалъихъалъ жигараб гIахьаллъи гьабулеб букIин. Нахъойги абулеб буго, пачалихъ гьеб ишалдаса рикIкIад чIезе ккола. Гьединал хIужаби ругеб мехалъ прокуратураялде гIарза хъвазе ккола.

Лъалеб букIахъе, салафиязул хъизаназде гьужумал гьариялъул ва гьел росу тун къватIире къотIиляъул хIужаби ккун рукIана кIиго соналъ цебе Лаваша мухъалъул Хважалмахи росулъ. Доб мехалъ росу тун гочун букIана 46 хъизанилан лъазабулеб буго «Кавказский узел» сайталъ.

XS
SM
MD
LG