МагъчIваялъе рес

Сталинизмалъул такъсирал ритIухъ гьариялде данде къанун бахъизе бегьула парламенталъ


Пачалихъияб Думаялде кьун буго такъсирияб Сталинил режим ритIухъ гьаби гьукъулеб къануналъул проект.

Гьелъул автор кколев вуго Федерациялъул Мажлисалъул гIахьалчи Константин Добрынин. Гьес абулеб буго Сталинил заманалъул политикиял репрессиял ритIухъ гьари ращад гьаризе кколин экстремизмалдайин.

Добрынинил рагIабазда, гьукъизе кколеб буго географиял цIиял объектазе, территориалиял гIуцIиязе, къватIазе ва метроялъул станциязе Сталинизмалъул такъсиразде хурхен бугел гIадамазул цIарал кьейги.

XS
SM
MD
LG