МагъчIваялъе рес

«Нулевой урок» ва кватIизе бегьулареб мацIазул реформа


Ахираб заманалда мех-мехалда борхулеб буго гIалимзабацаги, жамгIияталъул вакилзабацаги Дагъистаналда мацIазул реформа гьабизе кколин абураб суал.

«Дагъистан гIемерал хIикматал кучIдулги, бакъналги, мацIалги, халкъалги ругеб бакI букIиналъулъ буго гьалъул берцинлъи. Нилъ руго батI-батIиял тIугьдуздаса данде гьабураб квацIи. Нилъер гIаммаб лъарахъе чваххулеб буго анцI-анцI батIиял миллатазул иццал». Гьал ва гьалда релълъарал жал харбидалъун, кочIодалъун, сураталдалъун, бакъназдалъун хутIараб дуниялалъе рагьана нилъер гьунар тIокIал хъвадарухъабаца, шагIирзабаца, композитораз ва художниказ.

Расул ХIамзатовасул шигIру-кечI буссинабуна дунялалъул нус-нус мацIазде, ЧIохъа Мусаясул Халилбегица Европаялъеги, Америкаялъеги хутIараб дунялалъеги рагьана Кавказалъул, Дагъистаналъул панорама, магIарул росу, рукIа-рахъин, ретIа-къай, милллаталъул къисмат. Гьес «Ахирисел багьадурзабазул улка» абураб тIехьалда бицана нилъер халкъалъулги мацIазулги, хутIанщинаб рикIкIинчIого. Гьел мацIал гIемерлъиялъулъ бугин нилъер берцинлъи абураб пикруялдани тIад рекъелаан, бугодай гьелъулъ санагIатлъи, баракат ва пайда халкъалъе? Рес кьолеб бугищ Дагъистаналъе лъеберго мацI бугеб мехалда гIаммаб пикруги, миллияб хасиятгун хаслъиги, хутIараб дунялалда нилъ ратIа рахъизе лъалеб хатIги цIунизе?

ГьечIо, Дагъистаналда щибаб соналъ нус-нус хъизамаца реххун толеб буго рахьдал мацI, азаргояз батичIони. Дица хIисаб гьабун, руго гIемерал машгьурал хъизамал магIарулазул, лъабабилеб кьер мацI лъаларел. КIудияв инсуда лъалеб букIарал, васасдаги, гьесул лъимадаги гьезул лъималаздаги кIочон тарал. Гьеб буго нилъер халкъалъул трагедия ва талихI къосин. Гьелъие сабаблъун гIемерисеб мехалда кколеб буго гьадаб макъалаялъул байбихьуда бицен гьабураб «миллатал гIемерлъиялъул берцинлъи, тIогьол квацIи, иццал цолъараб лъар» ва цогидаб чIанда, ай киналго мацIал цIунизеян лъугьин.

Дагъистаналда аскIов вугев мадугьал лезгиясда, яги лъарагIасда дур мацI бичIчIулареб мехалда хIажатаблъун лъугьунеб буго гIурус мацI лъай ва рахьдал мацI лъачIониги гIей. Авар мацI хIалтIулеб бакI батулеб гьечIо. Республикаялъул даражаялда гьеб хIалтIизеги бегьулеб гьечIо, гьаниб лъеберго батIияб халкъ букIун. Кинабха бугеб нух Дагъистан жиндир гIамал, хасият, хаслъи цIунараб ва мацIал риличIеб республикалъун гьабизе? Дагъистналда лъеберго мацIалъул бакIалда лъабго мацI гьаби: мугIрузулаб Дагъистаналъе – авар, Югалъе – лезги, лъарагIлъиялъе – лъарагI.

ХутIарал мацIал рилилин хIинкъун ратании гьеб буго гIададисеб иш. Дица ва дир анкьумумуца рокъоб бицунеб тIомуразул диалект билун гьечIогури дир рокъоб, дица хундерица бицунеб болмацI лъазабунин ва гьеб мацIалда хъвадаранин. Гьелъ тIадеги кумек гьабуна дие дирго диалект цIунизе. Гьебго мисал букIина мацIал цолъизариялъулги.

Дица гьаб макъала хъвалаго щуабилеб классалда цIалулев дир вас цойги мехалда унелдаса цевего вагъарун вуго дарсиде. Дица гьикъулеб буго щай цевего уневин. Гьес абулеб буго «дир жакъа аварский буго…» - ян. Дида жаваб бичIчIичIо, гьеб букIун буго нулевой уроклъун гьабун, ай инчIониги бегьулин абураб гIадаб жо. МацIазул реформа Дагъистаналъ гьабичIони рахьдал мацI цо кьералъе хутIизе буго «нулевой уроклъун», хадусез тIубанго билизе буго. Гьеб «ноль» чIобогояб жо букIинги лъала нилъеда, хIалтIулареб жо холеблъиги балъголъи гурелъул. Гьелда тIад ургъани лъикIан киназего.

-------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG