МагъчIваялъе рес

ЦIияб цIалул сон басриял проблемабигун


24 августалда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул мугIалимзабазул кIудияб данделъи. Республикаялъул бетIерасдасаги Москваялдаса хъулухъчагIаздасаги байбихьун гьелда гIахьаллъана лъай кьеялдехун хурхен бугел гIезегIан гIадамал.

Гьезул цояй, Баху МухIидиновалъул рагIабазда рекъон (гIелмиял цIех-рехазул рахъалъ лъай кьеялъул министерлъиялда цебе гIуцIараб институталъул хIалтIухъан), мугIалимзабазул данделъиялда аслияб куцалда бицана республикаялда Цогояб Пачалихъияб Экзамен кьеялъул хIакъалъулъ.

Баху МухIидинова: «Цогояб Пачалихъияб Экзаменалде лъикI хIадурун ратичIел чагIиянги абун, цо-цо ккун тIаде рахъинарулел рукIана цо-цо мухъазул бутIрулги лъай кьеялъул бутIаялъул нухмалъулелги. ГIемерисел рукIана Дагъистаналъул хинаб рахъалдаса – Дербент, Сулейман – СтIал, Хив мухъаздаса… ГIодор чIезе риччалел рукIинчIо. Цойги нухалъги гьадинго тIаде рахъинаризе ккананийила, нуж хъулухъаздаса нахъе рахъизе ругила. Гьедин эхетун чIезарун рукIана гьел, гIисинлъимал гIадин. Гьениб бицана исана республикаялда 36 лъималазул ах рагьаниланги, тIадеялъулги рагьизе ругила. Гьединго хасаб бетIергьанлъиялда ругел ахалги рагьизе кумек гьабизе бугила. ГIоларел бакIазда тIаде школал ралел ругиланги бицана. Биххун бачIине къачIараб I9 школа рагIула. Гьезул бакIалдаги разе ругила цIиял школал. Лъималазул ахазда дандеккун, школазул ахIвал-хIал лъикI бугин бицана».

МахIачхъалаялда тIобитIараб гьеб данделъиялда гIахьаллъичIел лъай кьеялъул хIалтIухъабаз ЭР-ялъе бицана жидее гIезегIан къварилъи бугин тIахьазулги, классазулги, цогидалъулги.

Масала, Гъизилюрт мухъалъул Шушановка росдал школалъул мугIалим Шамхалова Байрамгъизица кIвар буссинабуна гьадинал рахъазде.

Байрамгъиз Шамхалова: «ГIурал тIахьал гьечIо нижер школалда. Гьединго руго кIудиял хъизанал, щибаб лъимералъе гьел тIахьалги ретIелги босизе рес гьечIел. Жанир чIезе гIурал бакIалги гьечIо цIалдохъабазе. БатIи-батIиял группаби рагьун руго нижер школалда. Гьезда рекъон лъимал кир чIезарилелали лъаларого рукIуна. ФГОС абураб дарс кьезеги, компьютерги цогидабги малъизе кканиги, гIурал алатал гьечIо. Масала, интерактивная доска. Компьютерал ругеб классалъубе нух щоларо дие, гьардон гурони. Нижее гъоб хIалтIи бокьулеб букIиналъ, щиб гьабунги, ресал ратулаха нижеца. Масала, рокъор нижерго рукIунелъул компьютерал. Гьезда хIалтIулаха гIемерисеб мехалда.

Гьединго как базеги санагIалъи гьечIо школалда. Бата-батаралъуб гьеб балел рукIуна лъимал. Цо-цо мехалъ дихъе рачIуна. ГьечIо актовый зал абулеб жоги, физкультураялъул дарсазе шартIалги. Чанго соналъ цере цIияб школа балин рукIана нижер росулъ, гьебги бицада хутIана.

Гимназия буго нижер школалда аскIоб. Гьенир руго дагьа-макъалго шартIал. Гимназия абун цIар букIиналъги чIезарун рукIуна гьенир санагIалъи. Нижеразул абуни торгIогицин гьечIо, нижецаго босун кьун гурони».

Бабаюрт мухъалда бугеб Уцмиюрт росдал директор Назирбегов Назирбегил кIудияб божилъи буго жидеца цIияб цIалул сон цIияб школалда тIамилин абун. Чачаналдаса гочинарун рачIарал Болъихъ мухъалъул ТIандо росдал лъималазе гьениб школа бан букIана 1957 соналдаго. Цин гьенир цIалулаан анкьго, хадур – микьго соналъ. 1971 соналдаса нахъе гьелъул «гьабуна» гьоркьохъеб школа. Амма хIарщул кирпичазулги муцIидулги бараб гьеб тIубанго тIатIала ккезехъин букIун, 2010 соналда кьучI лъуна цIияб школа. Амма чанго сон букIана гьеб хадубехъерхъизабулеб.

Гьедин цIалдохъабазул эбел-эменги мугIалимзабиги рази рукIинчIо къадалги мокърукь бакIалги пластикалъ рацараб цотIалаяб минаялда жанир цIалдолел рукIиналъ. Щайин абуни, багIарараб мехалда жаниб хIухьел цIазе кIолеб гьечIо лъималазда, бералги рукIана рухIулел.

Гьанже Рамазан ГIабдулатIипов бетIерлъуде вачIиндал бан лъугIизабулеб бугин жидер школаян абураб роххел буго директор Назирбег Назирбеговасул. Амма гьелда цадахъго гьес рехсана жеги тIад хIалтIизе кколел цо-цо гIунгутIабиги.

Назирбег Назирбегов: «Школалда лъим гьечIо. Гъоркьисал гьениве вачIун вукIана Шималияб рахъалда Дагъистаналъул бетIерас тарав вакил. Гьесги рагIи кьун букIана артезиан бахъизе. Нижерго гьаниб, росулъ, бугеб артезианги гIолеб гьечIо. Гурони кIудияб школалда (710 цIалдохъан) лъим гьечIони, жо ккелищха? ТIахьазул рахъалъги бугоха гIунгутIи. Исана тIоцебесеб классалде бачунеб буго нусго цIалдохъан. Амма щибаб соналъ нижер школалде бачIуна гIицIго 20 комплект. Жеги 80 цIалдохъанасеги къваригIинарищ гьел? ЧIахIиял классаздаги гьебго жо буго. Нагагь гьезиеги гIураб къадаралда рачIинчIони, эбел-инсуца гурони, лъицаха гьел росилел? Рагъухъабаз абулаха ярагъ гьечIони, жал киндила рагъилел? Гьединго – тIахьал гьечIони, кин гъол цIалилел? Дица абула квен кьечIого танигицин, тIахьал гьечIого тезе бегьуларин».

Шушановкаялдаги Уцмиюрталдаги гIадал масъалаби республикаялъул ва Россиялъул цогидал школаздаги ругин бицун буго 24 августалда МахIачхъалаялда тIобитIараб мугIалимзабазул данделъиялдаги.

XS
SM
MD
LG