МагъчIваялъе рес

КватIун баккараб вертолет


Гьаб рубрикаялда нижеца кьолеб буго авторасул хасаб пикру. Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

«Вертолет» абураб рагIудехун цIайи дир киданиги букIинчIо. Бокьизеги бокьулароан дие гьеб киданиги. ГьитIинаб мехалда росулъ абулаан макьилъ вертолет бихьизе лъикIаб букIунарин. Гьеб лъица къотIараб пал букIарабали лъаларо. Бокьулароан макьилъги гьадингоги бихьизе. Гьелъул хъуйги, квешаб гьаракьгун боржунеб мехалда бахъизабулеб гьуриги, цо ракI гъанцIизабулеб сурат буго гьелъул. ЛъикIаб жоялда релълъун бихьулароан киданиги.

Амма 20I3 абилеб соналъул тIоцебесеб июналдаса нахъе гьеб транспорталдехун Дагъистаналдаго бербалагьи хисанин абизе бегьула. Гьеб къоялъ МахIачхъалаялъул аслияб майданалда чараб вертолетги рещтIун вачун ана доб заманалда республикаялда бищунго кIудияб политикияб ва финансовияб сурсат ва къуват бугев политик, МахIачхъалаялъул мэр Саид Амиров. Гьеб къоялдаса нахъе вертолеталде дагьабго хинаб бербалагьи бижана дагъистаниязул. ХIатта, МахIачхъалаялъул аслияб майданалдаса гIалам къосун гьенив хутIарав Ильичги нахъе вахъун вертолеталъе памятник лъеянги бижана пикру цо-цо дагъистаниязул.

«Амировни ана, хутIаразда хадуб кида гьеб бачIинеб?», «ГьечIищ рес вертолеталъул сапарал анкьида жанир цо нухалъниги гьаризе?» абурал махсароби реххулел рукIана гIадамаца. «Щибаб махсароялъулъ цо бутIа махсаро, хутIараб – битIарабин» абулелъул гIурусаца. Гьаб рази-ракилъи гIиллаго гьечIеб бакIалда бижараб гурелъул. ЧIвалел гIадамалги, бикъулеб бюджетги, хвезарурал ихтияралги, гьечIел гIадаталниги гIумруялъул шартIалги, ришватги, цIогьги, хIиллагун хIелхIелги, гьеб кинабго инжитаб, тIекъаб, инсан хIакъир гьавураб нухмалъиялъул хIасил гурищ? Гьеб бихьулеб бугелъул гIадамазда. Гьеб киналъго гурищ халкъалъул вертолеталде «рокьи» бижизабураб.

Жакъа цоял улка тун къватIир, кIиабилел -маххул хьуриялда нахъа, лъабабилел – «мустахIикъаб» хIалхьиялде ритIарабго къабул гьабунагури гIадамаца роххуца холаго. Киреха арал гьел «бахIарзазул» 90 проценталъул рейтингалги, гьел цIунун къватIиб бахъизе къачIараб халкъги?

Гьел гьечIо жакъа. Сундул бицунеб бугеб гьеб руцIцIунчIеялъ ва вертолеталъухъ ккараб рокьиялъ? Гьелъ бицунеб буго федералияб централъ анцI-анцI сонаца республика кьун букIанин батIи-батIиял криминалиял къокъабазухъе гъоркьлъалие абун. «Нужеца гьеб «Чуркистаналда» нужеего бокьараб политикаги гьабе, бокьани чIвай, бокьани риче, бокьани хисе, амма кверщаликь чIезаре, Россиялъул гIурхъабаздаса къватIире риччаге, «Единая Россиялъе» гIурал гьаркьалги кье, батIияб масъала гьечIо» - ян.

Щибха гьанже хисараб жо? Щай тохлъукьего чарал вертолетал раккарал Дагъистаналъул зобалазда? Дунялалъул базаралда нартил багьаги гIодоб речIараб, Крым сабаблъун киналго улкабиги данде чIараб, гьадингоги гьечIеб Россиялъул экономикаги хъегIизе байбихьараб мехалда империялъул гIорхъабазда гIемераб гIарацги, кIудияб политикияб сурсатги, гIорцIизаризе кIоларел амбициялги ругел къокъаби хIажалъичIо Кремлиялъе. ТIаде жоялъе В.Путинида цо чияс абуна гьел къокъабазда къоно чIвачIони Россия тIатIала ккезе бугин. Бищунго кIудияб хIинкъиги гьелъие Дагъистаналдаса бугин. Гьес гьелго рагIаби бетIерасул тахбакIиде вачIарабго парламенталъул трибуналдасаги абуна. Гъоркь рукIараз гьесул рагIаби къабул гьаруна культураялъул бицине вачIарав философасул рагIаби гIадин. Гьеб букIана, гIурусаца абухъе, гIемерисезул «роковая ошибка».

Гьезда лъачIо гьес абулел рагIаби гIемерал чарал вертолеталги ругеб, дунялалъул анлъго бутIа гьабун цо бутIа ракьги бугеб атомияб ярагъги бугеб къуватаб пачалихъалъул тахбакIидаса ва гьелъул къираласулгун дандги ран абурал рукIин. ТIоцебе бачIана чараб вертолет аслияв бахIарчиясда чангит базе. Гьев бигьаго кверде вачIарабго «маххул хIанчIазе» бокьана Дагъистаналъул зоб. Амма жаваб щолеб гьечIо цохIо суалалъе. Гьел «маххул хIанчIи» Дагъистаналде щай гьеб хIалалъ кватIарал? Щай гьез къого соналъ республика криминалалъухъе гъоркьлъалие кьураб, щай цIуничIел нус-нус гIайиб гьечIел дагъистаниязул гIумруял?

Гьел кватIун рукIинчIелани жакъа чIаго рукIианаан машгьурал журналистал, политикал, районазул ва шагьаразул бутIрул, парламенталъул депутатал, министрал, аза-азар политикиял ва криминалиял тунка-гIусиязул хIасилалда хварал гIадатиял дагъистаниял. Щай кватIараб чараб вертолет Дагъистаналде? Гьава гьечIогойищ, зоб гьечIогойищ, пилот гьечIогойищ, цIатари гьечIогойищ? Гуро, гьеб кинабго букIана, гьаниб гIолареб жо халлъулеб буго цохIо - республикаялъул нухмалъуда рукIарал чагIазул рекIелъ ияхIги, гIаданиб нахги, заманаялъ вертолет ахIизе ва республика хвасар гьабизе. Гьеб букIарабани вертолет гьечIониги тIубалаан, хутIараб цебе тIураб дуниялго гIадин. Жакъа дагъистаниял тIекълъи дандчIванщинахъе зодоре ралагьун руго, унго цо баккулебаниян угьунги биччан, пассажирал жеги гIемер хутIун ругелъул, кIудиялниги гьитIиналниги тахбакIазда.

«НакIкIал руго роржулел,

Киредай гIедегIарал?

Вертолет буго унеб,

Сапар кибдай бухьараб? – ан жидеего шурула цебегосеб кечIги жакъасеб гIумруялда рекъон ккеледухъ сверизабун. ​

XS
SM
MD
LG