МагъчIваялъе рес

Краснодаралъул полициялъ дагъистаниял рухана


Гьал къоязда Краснодаралъул полициялъ цIогь гьабиялда щаклъи букIун ккурав дагъистанияв Муса Таиров вухун азарханаялде ккун вуго. Гьенисаги вачун низам цIунулез гьев къанунги хвезабун кквезехъин вукIиналъ, гьезда гьоркьое лъугьарай лъимер гьабизе йигей Таировасул эбелги юхун йиго полициялъулаз. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун гьаб сагIат цIех-рех унеб буго.

Краснодаралъул диванханаялдаса компьютерал рикъиялъул щаклъи букIун ккурав дагъистанияв Муса Таиров полициялъул бутIаялда вухун вугин, ток кьабизабун, гIанкъизе хIал бихьун, гIакъуба кьолеб букIун бугин гьесие низам цIунулезин лъазабулеб буго гьесул гIагарлъиялъ.

11 июлалъ щибниги бичIчIизабичIого, сундуе гIоло кколев вугевалиги абичIого полициялъул бутIаялде вачун вуго низам цIунулез Муса. Гьениб къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз гIакъубаги кьун гьесдаса тIалаб гьабулеб букIун буго гьес кинабалиго такъсир тIаде босун хъвараб кагътида гъулбасизе.

Муса ккун вукIин гьесул гIагарлъиялдаги лъазабун гьечIо хасал идарабаз. Лъан хадуб гьелги Таировасул адвокат Заур Татлокги полициялъул бутIаялде риччан гьечIо. Жив адвокат вугин, жинца цIунулев чиясухъе жив виччачIого тей къанун хвезаби бугин абун ахIи баниги Муса Таиров щуго сагIаталъ вихьизе течIила жиндидайилан бицана адвокатас «Эркенлъи» радиоялъе.

Татлярил рагIабазда рекъон гьел полициялъул кIалтIа ракIарун рукIаго гьенибе хехаб кумекалъул автомобиль бачIун буго. СагIатгIан мехалдасан Мусаги вачун къватIире рачIун руго гьел. Гьеб бакIалда берцинго кIалъазе вагъаризе кIолеб хIал букIинчIин гьесулилан бицана адвокатас. Гьединго гьес тIаде жубана азарханаялда вегизавун вугев бакIалдаги Таировасе рахIат толеб букIинчIин къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазилан.

Заур Татляр: «Гьаб сагIатни Муса эркенлъуда вуго, дагьаб мадар лъугьун бугин гьесулилан абизе бегьула, гьев вукIараб хIалалде данде ккун. ТIоцеве рекIеде вачIунарого вукIана, жив кив вугев, щиб гьабулев вугевалицин лъалеб букIинчIо. Гьеб кинабго буго гьесда ток кьабизабиялъул ва цойгидаб гIазаб кьеялъул хIасил.

Гьесул квераздаги хIатIаздаги руго экектрошокер цу-цузабурал бакIал, къаркъалаялда руго гIемерал хъахIиллъаби. Амма тохтурзабаз гьеб кинабго жидерго хъвай-хъвагIаязде босун батичIо. Жеги берцинго вилълъине кIоларев Муса диваналде вачине кколин жидецайиланги абун 15 июлалъ азарханаялде полициялъулал рачIун рукIана.

ГIадалнахуе жагъаллъиги ккун вугев гьесул чорхое щибниги къварилъи гьечIинги абун тохтурзабазги азарханаялдаса виччана Муса. Гьеб буго низам цIунулезул тIадецуялъул хIасил.

Гурони гьедин чорхое сакъатлъи ккарав чи 10 къогIаги бачIого азарханаялдаса виччаларо. Жив нахъе вилълъинарин азарханаялдасайилан гьев чIараб мехалдаги полициялъулал хIалицаго гьев нахъе вачине лъугьун руго. Дун тIаде щун дица нуж щиб гьабулел чагIийин гьел ишал гьаризе рес кьолел документал рихьейин дидайилан абураб мехалда гьезухъ цониги документ букIинчIо.

Гьез рахIат теларин абун Муса нижецаго нахъе вачунев вукIана азарханаялдаса гьеб мехалдаги нижер автомобилалда цере чIун, гьев кивениги виччазе гьечIила жидецайин абун лъугьана гьел. Дица гьеб кинабго видеоялда бахъун интернеталда лъуна. Гьез гьабулебщиналъе букIине кколеб къимат кьейин абун кколелъубе гIарзал хъван руго».

Гьединго Заурица бицана хIалицаго низам цIунулез Муса Таиров азарханаялдаса вачунеб мехалда гьезие квал-квал гьабизе гьоркьое лъугьарай лъимер гьабизе йигей гьесул эбелги юхун йигин полициялъулазилан.

Заур Татляр: «Гьаб сагIат Краснодаралъул ункъабилеб лъимал гьарулеб азарханаялда егизаюн йиго Карина Таирова. Тохтурзабаз абулеб буго гьелъул лъимер биххиялда хIинкъи бугилан. Полициялъулал Муса вачинейин абун лъугьараб мехалда гьезде тIаделъун йиго гьей. Гьелъ нужеца къанун хвезабулеб бугин, унтарав жиндир вас живго тейин, нужер гIайибалдалъун кканин гьев азарханаялдейилан абун гуреб тIокIаб щибго гьабулеб букIун гьечIо.

Амма гьелъ бицухъе вас кквезе виччаларин гьей чIараб мехалда полициялъулас гьелда кьабун буго хадубги чохьолъ чанцIулго малги бан буго. Гьей жий лъимаде йигинги абун буго гьел полициялъулазда, гьедин абуниги юхун йиго гьей. Бищун ццин бахъинабулеб буго лъалел-хъвалездасан дида лъана Краснодаралъул полициялъ Карина Таировалъ низам цIунулесде тIадекIанцIи гьабун бугин, гьев вухун вугин ва гьесул цо килищ хIанчIун бугин абун гьей тамихIалде цIазе хIалтIи байбихьун букIин.

Гьединго низам цIунулес Таировалда кьабиялда хурхунги гьелъ цIех-рехалъул идараялде гIарза хъван буго, гьелда хурхун халгьаби унеб бугин лъазабулеб буго хасал идарабаз».

Адвокатас «Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана Муса Таировасул рагIабазда рекъон полициялъулаз гьесда гьеб къо бихьизабулеб бугила рецIел босизелъун. Гьез баян гьабухъе, бащадаб лъагIалица цебе Мусадаги цо полициялъуласдаги гьоркьоб кьал ккун Таировас гьев вухун вукIун вуго. Гьев низам цIунуле вукIин лъалебги букIун гьечIо Мусада.

Гьелдаса нахъе гьев полицияъулав тIаделъун вугин Мусадейилан абулеб буго гIагарлъиялъ. Гьединго гьез бицухъе лъабго моцIица цебе жидецаго наркотикалги реххун гьел рича-хисулев чи вугинги абун Таиров ккун вукIун вуго хасал идарабаз.

Гьесда тIад гIайиб чIезабизе кIвечIого къватIиве виччан вуго гьев гIемер мехх балалдего. Наркотиказул жо ккечIеб мехалда гьанже къуваталъул идарабазе гьесул цIогьор вахъинавизе къваригIун бугин руго гьел.

XS
SM
MD
LG