МагъчIваялъе рес

Гъизляралъул аслияб мажгит бухIун буго


10 апрелалда бухIун буго Гъизляралъул аслияб мажгит. ГIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон цIа рекIиналъул хIасилалда лъилниги сахлъиялъе зарал ккун гьечIо.

ЦIаккеялъе гIиллаби жеги чIезарун гьечIо. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун баян кьолеб буго нижер мухбир МахIмудова ПатIиматица.

Рузман къоялъул радал ичIго тIубалеб гIадаб мехалда Гъизляралъул Набережная къотIноб бугеб аслияб мажгиталда цIаккун буго. 1600 квадратный метралъул кIодолъиялда рекIараб цIадуца кIитIалаяб мажгиталъе кIудияб зарал гьабун буго. ЦIа ккараб бакIалде рачIарал гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул хIалтIухъабаз ва гIадатиял гIадамаз сагIаталдасан цIа тIубан свинабунин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ГIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул пресс-секретарь ГъазимухIамадова Тамилаца.

ГъазимухIамадова Тамила: «Жеги хехго буго гьеб цIа ккеялъе гIиллаялъул ва гьелъ гьабураб заралалъул бицине. Хасал нижер министерлъиялъул хIалтIухъабаз хал-шалги гьабун, хадуб лабораториязда цIех-рехалги тIадхIалтIабиги гьарун гурони гьеб суал роцIцIинабун бажаруларо. ГIилла бокьараб букIине бегьула. ГIемерисеб нухалда нилъер гьаниб цIа басриял, яги хашго рачарал токалъул квараздасан ккола. Гьаб нухалдаги гьедин ккун батизеги бегьула. Нижер хIалтIухъабазул баяналда рекъон мажгиталъул 80 процентниги бухIун буго, щибниги къайи гьениса къватIибе босун бажарулеб хIал букIинчIо. Бищун аслияб жо буго гьеб цIаккеялъул хIасилалда хварал чагIи гьечIолъи ва лъилниги сахлъиялъе зарал ккечIолъи».

ЦIа свинабулев вукIарав Гъизляралдаса МухIамадов МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб мажгит бухIиялъ шагьаралъул гIадамазе кIудияб ками кканилан. Щай гурелъул шагьаралда рузман базе тIокIаб гьединаб кIудияб мажгитго рагIуларо. Гьединго гьес лъазабуна социалиял сайтазда гьеб ургъунго бухIун батизе бегьулин абун тIибитIизабун букIараб информация мекъи бугилан.

Гъизляралъул аслияб мажгит бухIун буго
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:30 0:00


МухIамадов МухIамад: «ТIубан бухIун бахъанин гьеб мажгитилан абизе бегьула. Гьебги жамагIаталъ гIарацги бакIарун, цо ЦIумадаса чияс ракьги кьун хIалихъего бараб мажгит букIана. БитIараб бицани цIакъ санагIат гьечIеб бакIалда шагьар бакьулъ банги букIана гьеб. Рузман къоялъ гIадамаз бата-батаралъуре рехун автомобилалги тун гьенисан хьвадизе квекIеналги гьарулел рукIана. Гьедин букIаниги лъицаниги ургъунго бухIун батилин гьебилан кколаро дида, гьединаб вахIшияб иш гьабизе лъида кIвелеб. Гьеб гурони тIокIаб кIудияб мажгитги гьечIо шагьаралда, гьанже цIияб I0 азарго чиясе бакI бугеб мажгит балеб буго, амма кьучIлъун букIин гурони, тIокIаб цебе тIураб хIалтIи гьечIо. Гьебги гIадамаз гIарацги бакIарун балеб буго, гьелъие кIудияб гIарац биччалев чи гьечIо».

Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон исана соналда жаниб республикаялда ккун буго 5 кIудияб цIаккей. Гьелъул хIасилалда щивниги хун гьечIо, 2 чиясул сахлъиялъе зарал ккун буго.

XS
SM
MD
LG