МагъчIваялъе рес

ЧIегIерал байрахъазде гъоркье унел...


Сириялда «Исламияб Пачалихъ» гIуцIиялъул рахъалда рагъулезда гъорлъ Дагъистаналъул ТIадегIанаб лъай кьеялъул идарабаздаса 7 студентги вугилан лъазабулеб буго низам цIунулез, гьезул эбел-инсуда лъимал тIагIун хадуб гурого лъалеб гьечIила гьел ккараб бакI. Гьединго тIадруссинаризеги кIванила Сириялде ине къасд букIарал чанго гIолилалин лъазабулеб буго низам цIунулез.

ТIадегIанаб лъай кьеялъул идарабазда гIолилазулгун гьабулеб тарбия кьеялъул хIалтIуде кIвар цIикIкIинабизе ккеялъул лъазабуна гьал къояз Ставрополада букIараб данделъиялда Шималияб Кавказалда президентасул ишал кодосев Сергей Меликовас. Къо бахъанагIан гIемерлъулел ругила Шималияб Кавказалъул республикаязда ругел ТIадегIанаб лъай кьеялъул идарабазда гIолилал «Исламияб Пачалихъ» гIуцIиялъулъ рахъалде цIалел чагIийилан лъазабуна гьес.

Дагъистаналъул РухIияб идараялъ, Жанисел ишазул министерлъиялъ ва ТIадегIанаб лъайкьеялъул вакилзабаз 23 марталъ тIобитIараб данделъиялда гIолилазулгун гьабизе кколеб хIалтIул суалал рорхана ва гьелгун дандчIваял тIоритIи гуребги, хас гьабун щибав гIолиласде кIвар кьезе ккеялъулги бицана.

Дагъистан бищун гIолилал гIемераб субъектазул цояб букIиналъ, кIудияб кIвар бугин гьелгун гьабулеб хIалтIулин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул социалияб хIалтIулгун тарбия кьеялъул проректор Маликова Мадинаца. Масала, цIалуде хьвадичIогон чIей, яги цIалуде кIвар кьолеб гьечIолъи кколила тIоцебесеб гIаламат, студентасул эркенаб заман тIобитIиялъулъ хиси ккун букIиналъул ва гьелъ щаклъизе ккелила тIоцеве гьесул курсалъул жавабияв мугIалим, щайгурелъул, студентазул аслияб къадар росабалъа рачIарал рукIиналъ гьезул улбузда гIемерисеб мехалъ щибго жо лъалеб букIунарила.

ГIаммаб куцалъ 2014 соналъ 20 гIанасев гIолилав ккун вуго низам цIунулезул сияхIазде, изну гьечIого яргъидгIуцIаралгун бухьен букIиналда хурхун, 30 такъсир гьабиялъул иш рагьун буго студентазда хурхун гIицIго экстремизмалъул хIужа гъорлъ бугеб, гьелда гьоркьосан 7 иш бугила «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъалдда Сириялде рагъизе арал гIолилазулин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ. ГIемерисеб мехалъ гIолилал экстремизмалде цIалила диналде цIалеб хвел гьабун ва гьезул дунялалдехун бербалагьи хисизабулеб бугила. Масала, 2014 соналъ Дагъистаналъул Медикияб академиялъул студент Хочоева ПатIимат вагьабиязул сияхIалде йосун йиго, гьелъ радикалияб исламалде студентал цIалел ратун. 4 курсалъул студент гьей цIалудаса нахъе рехун, гьабсагIат федералияб цIех-рехалда йигила, цо-цо баяназда гIолилай Сириялда ятизе рес бугилан лъазабулеб буго низам цIунулез.

Сириялде унаго, нахъруссинаризе кIун руго лъабго гIолилал, Медикияб академиялъул студент МухIамадова Марианна, Халкъияб магIишаталъул институталъул студент ГIумархIажиева Саида. Дагъистаналъул Техникияб университеталъул 19 сон барав студент Гереев МухIамад бел-инсуда цеве низам цIунулез вачун вачIараб мехалъ лъагIан гьесул диналдехун бербалагьиялъул ва Сириялде ине бугеб къасдалъул щибго лъалеб букIун гьечIо. Низам цIунулез Туркиялъе ине вукIарав гьев гара-чIвариялдаса хадуб Жанисел ишазул бутIаялде вачун, эбел-эмен ахIун руго гьенире.

Киналго улбуз кIвар кьезе ккелила лъималазде, хасго гьел шагьарлде ун тIадегIанаб лъай босулел ругони, гурого, гьел цо къоялъ тIагIун, кир ругелали лъаларого хутIизе рес бугилан абулеб буго Гереева ПатIиматица.

ПатIимат Гереева: «Дида лъалебго букIинчIо, дир васасда гьединаб жо ракIалда букIинцин, Жанисел ишазул бутIаялде ахIидал, щиб кканиги, гьединаб жо батилинцин ракIалде ккун букIинчIо. Полициялъулаз гьесда щаклъун, гара-чIвари гьабизе ккун вукIинчIевани, гьев Сириялде ун, гьенив вукIинаан, нижедаги щибго жо лъазе букIинчIо. БатIияб пачалихъалде унеб паспортги гьабун батана гьес. Лъималаз гьеб гьабун бугищали цIехезе ккела киназго, кIвар кьезе ккела, гурого лъималги тIагIун хутIила».

Нахъруссинаризе рес ккечIел, Сириялде ун гьенир лъимал чIваралги руго улбул. Масала, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул студент МухIамадов МухIамадрасул 2014 соналъул риидал ун вуго Туркиялъе, гьенисан Сириялде. Гьевгун цадахъ ун вуго гьесулго гьалмагъ 2 курсалъул студентги. Живго МухIамадрасул кколев вуго ЦIумада мухъалдаса. Гьесул эбел-инсудаги жидер вас Шамалде ине вукIиналъул щибго лъалеб букIун гьечIо. Гьев ун чанго моцIидасан цо рагъулъ чIваялъул баянал щванила, амма гьеб информация тIубан мухIканаб гьечIила.

«Исламияб Пачалихъ» гIуцIиялъул рахъалда рагъизе арал батIи-батIиял ТIадегIанаб лъай кьеялъул идарабазул анкьалго студентал кколила аслияб куцалъ Котрова къватIалда ва Генерал ГIумаровасул къватIалда ругел мажгиталде хьвадулел рукIарал гIолилалин лъазабулеб буго низам цIунулез.

XS
SM
MD
LG