МагъчIваялъе рес

Крымги, Россияги, Путинги, Аллагьу Акбарги!


18 марталда МахIачхъалаялда тIобитIана Крым Россиялда гъорлъе бачаралдаса лъагIел свериялда хурхун гьабураб митинг. Акциялъулъ гIахьаллъи гьабуна 400 гIан чияс. Гьезда гьоркьор жидеего бокьун митингалде рачIараздасаги, бокьичIого, тIалъиялъул хIукму тIубазабизелъун рачIаразул къадар цIикIкIун букIанин абураб пикру букIана жалго гIахьалчагIазул.

АрбагI къоялъ МахIачхъалаялда Авар театралда цебе тIобитIана Крым Россиягун цолъиялдаса хадуб лъагIел иналда хурхинабураб митинг. Аслияб къагIидаялъ гьелъулъ гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул жамгIиял идарабазул вакилзабаз, политикиял партиязул гIахьалчагIаз, студентазгун школлъималаз.

Бакъанида 5ялда гурони байбихьулареб митингалде къуваталъул идарабаз радалго хIадурлъи гьабун бугоан. Авар театралде рачIунел киналго нухал къан рукIана радал 11 тIубалелдего. Киса кирего сверухълъиялда полициялъул хIалтIухъабиги чIезарун рукIана. Ункъго тIубан хадуб кодор байрахъалгун, лозунгал тIад хъварал хъарщалгун, студентал ракIаризе байбихьана театралда цере. Гьезул цо-цо къокъаби нухдасан Россияйилан ахIулаго рачIинел рукIана.

Митинг байбихьана Дагъистаналъул махщалилазул цолъиялъул бетIер МухIамадов ГIабдулаца.

Гьес лъазабуна кинабго халкъалда тIадаб бугила Россиялъул нухмалъиялда сверун цолъизе, гьез гьабулеб сиясаталъул рахъкквезе. Гьеб мехалда букIунила нилъер къуватаб пачалихъги, гьайбатаб гIумругийилан. Гьединго гьес лъазабуна Крымалъул гIадамазул ихтияр букIанила жидеего бокьараб гьабизе, гьез битIараб нух тIаса бищанила Россиягун цолъи.

ГIабдула МухIамадов: "Крым Россиялде гъорлъе бачIин гьеб буго кIудияб бергьенлъи. Киевалъул майданалдаги Харьковалдагун Одессаялдаги инсанасул ихтияралги, къанунги хвезабулеб бугеб мехалда, гьезул нухмалъи жидерго халкъгун багъилеб бугеб мехалда босараб гьеб бергьенлъи цIакъго къиматаб буго. Россиялъул тIалъиялъ ва гьелъул халкъалъ кумекги гьабун Крым рокъобе тIадбуссинабизе кIвана. Крымалде гьарулел ругел тIадецуязде данде чIун руго ниж. Гьениб Америкаялъ гьабулеб сиясаталде дандеги ракъ лъазабулеб буго нижеца. БукIине гьечIо рагъ, рукIине гьечIо санкциял!"- иланги абун лъугIизабуна ГIабдулаевас жиндирго кIалъай.

Щивав кIалъалесул цевевахъин лъугIун хадуб чанго минуталъ УРА ва Россиия цебеххунилан ахIулеб ахIиялъ хадусев чи кIалъазего толев вукIинчIо.

Амма цо-цо кIалъазе рахъаразул Ураги, Россиягун Путинги, Аллагьу Акбарги жубанги букIана.

Хадулаев МухIамад: "Крым тIадбуссин гьеб ккола нилъер цониги гIагарав чи хъизаналде тIадвуссин гIадаб жо. Гьедин роххалида къабул гьабуна нилъеца Крым ва гьелъул халкъ. Крымалъул халкъалъ гIемераб жо хIехьезе ккана, чанги къварилъиги бихьана гьелда, гьанже гьезул гIумру лъикIаб рахъалдехун тIубан хисизе буго. Украинаялда бугеб рагъги лъугIила кватIичIого, гьеб лъугIичIого букIине рес гьечIо. Гьеб вац вацасде данде вагъулеб гIадаб рагъги лъугIун нилъ цадахъ рекъон рукIине руго, Европаялъ ва Америкаялъ гьусунги бажарине гьечIо нилъ цоцаде. Нилъер гьединаб пачалихъги, халкъги гьечIо. ЧIахъаги Россия, чахъаги Владимир Путин, Аллагьу Акбар"-илан абуна гьеб митингалда Россиялъул афгъанистаналда рагъулел рукIаразул цолъиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Хадулаев МухIамадица.

Рагьун жал расги бокьичIого рачIанин митингалдейилан абулел чагIи гIемер рукIинчIо акциялда. Жидедаго гьоркьоб ццин бахъун гаргалел рагIулел рукIана гIадамал. Квачан холаго гьанир чIезейищила жидее къваригIун букIараб, рокъо-рокъо рукIинароанищила, амма нухмалъиялъ лъазабунила гьанире ине кколин нуж, инчIони хIалтIуда нужее квекIенал гьаризе ругин абулелцин рукIанилан бицунеб бугоан гIадамаз.

Гьедин гаргалел чанго чиясда дурго гьеб пикру "Экренлъи" радиоялъе бицейин абун аскIоре рилълъараб мехалда гьел киназго инкар гьабулеб букIана.

ЦохIого цо студенткаялъ абуна жиндица цIарги бицинарила, амма жал гьанире жидеда бокьилищиланцин цIехечIого рачанилан.

Студентка: "Ниж гьанире рачIине тIамуна, рачIинчIони цIалулеб бакIалда нужее захIмалъаби гьаризе ругин лъазабуна нижеда. Митингалда цебесеб къоялъ нижер институталъул жамгIиял ишал тIуралеб комитеталъул вакилас киналгоги ракIарун лъазабуна гIадан хутIичIого гьаний акциялде ине кколилан. Щал рачIарал щал рачIинчIелали лъазе суратал рахъизе ругингицин лъазабуна гьес. Гьединлъидал митингалде рачIинчIого рес букIинчIо нижер".

"Эркенлъи" радиоялъухъе щварал баяназда рекъон Дагъистаналъул щибаб министерлъиялъул нухмалъулезгицин хасаб данделъиги ахIун нуж митингалде айилан лъазабун букIун буго. Гьеб акциялда гIахьаллъи гьабизе Каспийскалдаса, Буйнакскалдаса ва Гъизляралдасагицин вакилзаби рачIун рукIана.

Митингалдаса хадуб байбихьана концерт, киналго тадбирал 4 сагIаталъ халат рахъана.

XS
SM
MD
LG