МагъчIваялъе рес

РишватчагIазда яхI-намус щиб жояли лъаладай?!


Исана Дагъистаналда коррупциялде данде къеркьеялъул программа рагIалде бахъинабизе биччан буго 10 млн.гъурущ. Араб соналда жидер хIалтIул хIасилалъул бицунаго республикаялъул юстициялъул министерлъиялъул вакилас абун букIана цебеги коррупциялде данде къеркьеялъе биччан букIараб гIарцул бащдаб къадар кибе арабали лъачIого тIагIун бугин. Гьебго заманаялда коррупциялда хурхун 425 иш рагьун буго республикаялда араб соналда ва гьезулги цIикIкIунисеб бутIа рагIула бюджет бикъиялда бараб.

Ришватчилъиялда хурхараб 425 такъсир тIатинабунин Дагъистаналъул низам цIунулезин лъазабулеб буго республикаялъул прокуратураялъ. Гьеб идараялъул информациялда рекъон, гьел такъсиразда гъорлъан 34 такъсир буго хIакимаз ришват босиялъул хIужабазда сверун, 37- ришват кьеялъул хIужабазда хурхараб. ХутIаралщинал такъсирал бюджаталъул сфераялда гьарурал ругин бичIчIизабулеб буго прокуратураялъ.

Ришватчилъиялда хъинтIараб прокуратуруялъул докладалда мухIкан гьарун руго хIакимазул цIарал. Мисалалъе, миллатазул ишазул министерлъиялъул нухмалъулев рехсон вуго, Гъарабудахкент мухъалъул администрациялъул нухмалъулев рехсон вуго, Каякент мухъалъул нухмалъулев рехсон вуго. Амма прокуратураялъ мухIкан гьабулеб гьечIо, гьел хIакимаз кинал такъсирал гьаруралали. ТамихIалъул кодексалъул «тIаса ккун хIалтIи бачи» абураб къанун гьез хвезабунин хъван буго.

Прокуратураялъ лъазабухъе, диваналде гIагараб заманалде рачIине руго Тарумовка мухъалъул нухмалъулесда ва Южно-Сухокумск администрациялъул нухмалъулесда хурхун рагьарал такъсир гьабиялъул ишал. Гьединго гIагараб заманалда диваналда байбихьизе буго Дагъистаналъул медикияб академиялъул вукIарав ректорасда хъинтIун рагьун букIараб такъсир гьабиялъул иш.

Низам цIунулез гьединго лъазабулеб буго, ришватчилъиялъул гIемер такъсирал ратанин лъайкьеялъул системаялдаилан. Гьедин, лъайкьеялъул министерлъиялдаса хIакимас гIемерпрофилалъулаб лицеялъул хIалтIухъабигун цадахъ бикъун рагIула 850 миллион гъурущ.

Добго медикалъулаб академиялда ва Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда социалиял стипендиязе бихьизабураб гIарац кьолеб букIун буго гьересиял документал рихьизарурал студентазе. Гьел хIужжабазда хъинтIун такъсир гьабиялъул анцIго иш рагьана.

Прокуратураялъул лъазабиязда рекъон, ришватчилъиялъул бищун гIемер такъсирал араб соналда рукIана бюджаталъул сфераялда. Бюджеталъул гIарац Дагъистаналъул хIакимаз бокьахъе хвезабулеб букIиналъул мисаллъун бачине бегьула гьечIеб хасаб програмаялъе хIукуматалъ гIарац бихьизаби. «Дагъистаналда автомобилазул нухай церетIей» абураб хасаб программа проекталда гурони гьечIо – парламенталъ гьеб къабул гьабун гьечIо жеги. Амма депутатаз щаялиго гьеб программаялъе хIукуматалъ тIалаб гьабулеб гIарац бюджеталда бихьизабун буго. ГIарцул къадарги – ункъо миллионгун лъабнусазарго гъурущ.

Экспертазул пикруялда рекъон, бюджеталдаса гIарац бикъула гIемерисала пачалихъалъул хIажалъиялъе къваригIунеб къайи босиялъул ай госзакупкабазул системаялда.

Рамзан ГIабдулатIипов Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вахъараб мехалда, гьес гIуцIарал цIиял идарабаздаса гьоркьоса цояблъун ккола пачалихъалъул хIажалъиялъе къваригIунеб къайи босиялъул комитет. Гьеб комитеталъул хIалтIудал цояблъун ккола пачилихъиял идарабаз босулеб къайиялда хадуб халкквей. Комитеталъ гьал къоязда лъазабуна, пачалихъалъул хIажалъиялъе къваригIунеб къайи босиялъул системаялда ругел бищун дагьал гIунгутIабазул рахъалдаса Россиялъул регионазул рейтингалда Дагъистан тIоцересел бакIазда бугин.

«Безопасное отечество» абураб жамгIияб гIуцIиялъги пачалихъалъул хIажалъабазе къваригIараб къай-цIаялъул системаялда бугеб ришватчилъиялъул рейтинг гIуцIана. Системаялъул араб соналда анализги гьабуна жамгIияб гьеб гуцIиялъ. Гьеб рейтингалда Дагъистаналъ ккуна кIиабилеб бакI. ТIоцебесеб бакIалда Чечня буго.

Дагъистаналдаса блогераз ва социалиял сайтазда аккаунтал ругез чанги нухалда борхулеб букIана бюджеталъул гIарац хвезабиялъул суал. Мисалалъе, пачалихъалъул хIажалъабазе къваригIараб къай-цIай босулеб сайталда информацияги балагьун, блогераз чанги нухалда тIатинарулел рукIана ричIчIине бегьуларел чанги хириял лотал ай заказал.

Мисалалъе, энергия цIуниялъул агентствоялъул лоталда рекъон, ток, газ ва лъим исрап гьабугеян пропагандаялъулаб кампаниялъе гьеб идараялъ бичана 25 миллион гъурущ. Блогераз хъвалеб букIана, бичIчIулеб гьечIин сундуе гьеб гIарац хвезабизе бугебали. Реклама бахъизе, рекламаялъул хъарщидул бакIазда гьеб лъезе, телевидениегун радиоялдаса пропаганда гьабизе биччазе бугин гIарацилан хъван буго агентствоваялъул лоталда. Пачалихъиял каналаздаса ва шагьаразда ругел рекламаялъул хъарщиязда гьеб пропаганда гIарцул кепек хвезабичIого гьабизе бегьулин, жаваб щвана блогеразухъа.

Бищун кополаб лот араб соналъул ахиралда букIана Дагъистаналъул нухмалъулесул администрациялъул. Къавулъ хIалтIизабулеб техника босизе къваригIун бугиланги абун, гьеб техникаялда гъорлъ гьез рехсон буго айфонал. Гьеб лоталда тIаса монополиязде дандечIараб федералияб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб идараялде гIарза битIун букIана «Эркенлъи» радияолъул мухбираз. Идараялдаса жаваб бачIана, лоталъе гIарац хвезабун батанин ва гьеб лот лъурал чагIазе административияб гIакIа тIалаб гьабилин. ГIакIадул мухIканаб къадаралда тIаса ва гьеб тIалаб гьабиялда тIаса информация жеги щвечIо.

Монополиязде дандечIараб идараялъул пресс-секретарь Наталья Шкандыбаца «Эркенлъи» радиоялъе абуна, ругел къануназда рекъон, хIакимазул ихтияр бугин бокьараб багьаяб жо босизе: офисалъул техника букIа, автомобиль букIа.

Наталья Шкандыба: «Контрактазул федералияб системаялда хъинтIараб 44 номералда гъорлъ бугеб федералияб къануналда хъван гьечIо, хIакимаз кигIан гIарац хвезабизе бегьулеб пуланаб жо босизе. Монополиязда дандечIараб идараялъ гьел лотазул хал гьабула, къотIи-къай къануназда рекъон гьабун батичIони яги лоталъул лъазаби мекъи гьабун батани. Гьелдалъун, хIакимазул рес буго миллион кьун, анцIго миллион кьун автомобиль босизе, бокьараб техника босизе. Гьеб буго хIакимазул моралияб рахъалда, этикаялда бараб жо. Гьединго гьел лотал нахъе рахъула жамгIияталъ ахIир-хIур бахъинабун хадуб. АхIи-хIурги цого схемаялда букIунин абизе бегьула: дотациялъулаб бюджет букIаго, бегьулебищ хIакимаз гьедигIанаб багьаги кьун пуланал жал росизе».

Экспертаз рикIкIунеб буго, жамгIияталда жеги бичIчIулеб гьечIин жидехъ кодоб бугеб къуват. Цо-цо активистаз интернеталда ахIи-хIур бахъинабун хадуб, гьал къоязда сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ инкар гьабуна Toyota Camry автомобиль босизе. Министерлъиялъ баян кьуна, гьеб мекъи ккун лъураб лъазаби букIанин ва гIарац гьеб автомобиль босизе бихьизабураб букIинчIин.

Ришватчилъиялде данде къеркьеялъе гIоло Дагъистаналда хIалтIулеб буго хасаб программа. Гьеб программа байбихьана 2014-леб соналда ва 2016-леб соналда льугIинабизе ккола. Гьелда рекъон, юстициялъул министерлъиялъ ришватчилъиялъул заралъул бицине рагIула батIи-батIиял площадказда, антиришватияб пропаганда гьабизе буго, информациялъул алатаздаса бицине буго ришватчилъиялъ сунде рачине бегьулел. Программа тIубазе республикаялъул бюджеталдаса гIага-шагарго анцIго миллион гъурущ биччана.

Ахиралда тIаде жубала, гьелдаго релълъараб программа юстициялъул министерлъиялъ тIубан букIана 2013-леб соналда. «Черновик» газеталъул редакциялда тIобитIараб гургинаб столалда программаялъул хIасилазул бицунаго, министерлъиялъул вакилас абуна, программаялъе биччараб гIарцул бащдаб къадар кибе араб лъалеб гьечIин.

XS
SM
MD
LG