МагъчIваялъе рес

ХIакимал хадур цIазе бегьулев "рохьилав"


«Хасавюрталъулаб» абураб рохьилазул къукъаялъул цевехъанлъун вукIарав Крымчи Крымчиевасда хурхун рагьун букIараб такъсир гьабиялъул иш Дагъистаналъул прокуратураялъ диваналде битIана гьал къоязда. Хасавюрт мухъалъул диванханаялда хал гьабизе буго гьеб ишалъул. ТIадежоялъе, низам цIунулел идарабаздаса щварал баяназда рекъон, Крымчиевасул бухьенал рукIун ратизе бегьула Хасавюрт мухъалдаса хIакималгун.

Муцалаул росулъа 25 сон барав Крымчиев полициялъулаз ккуна 20I3 соналъул сентябралда. Гьесул гIагарлъиялъул гIарзаби рукIана, цIех-рех цIацIан бачунеб бугин ва гьаричIел такъсиразе мукIурлъизе тIамулев вугин Крымчиев. Низам цIунулез лъазабухъе, Крымчиев рохьилазда гъорлъ ккана 20I3 соналъул июналда.

Щуго-анлъго чи гъорлъ вугеб рохьилазул къукъаялъул цевехъанлъун вукIана гьев, амма хадув Турал Атаевасул къукъаялде гъорлъ ккана. Атаев кколаан Дагъистаналде Азербайжаналдаса вачIарав чилъун. «Вилаят Дагъистаналъул» шималияб секторин рохьилаз абулеб мухъалда такъсирал гьарулел рукIана Атаевасул къукъаялъ. Гьанибго тIаде жубала, Атаев рикIкIунаан Пятигорскалда терракт гIуцIаравлъун, гьеб терракталда лъабго чи хвана. Араб соналъул марталда Атаев хасаб операциялда чIвана.

Изну гьечIого яргъид гIуцIаразе автомобилал чIезарулел рукIун руго Крымчиевас. Автомобилални гьес рикъулел яги рахъулел рукIун руго. ТIоцебе Крымчиевас гIахьаллъи гьабураб такъсирлъун низам цIунулез рикIкIунеб буго Муцалаулалдаса Тамерлан Акаев чIвай. Росдал имам хисизе кколин абулеб букIун буго Акаевас мажгиталда. Ахир-къад, рохьилаз Акаев чIвана. Гьесул автомобилалъе нухги къан Калашниковасул автоматаздаса чIвана гьев.

Крымчиев гIахьаллъарав цогидав вахIшияб такъсирги рехсон буго низам цIунулезул цIех-рехалда. Карланюрт росулъ гIумру гьабулей Баху Саидова чIвана рохьилаз, гьей палихъан йигиланги абун.

I7 сентябралда иргадулаб автомобильги бикъун тIурулев вукIарав Крымчиевасе нух къана полициялъулаз. Салоналда жанир Крымчиевгун рукIана цогидал рохьилалги. Ккараб кьвагьа-гIанхъиялда къуваталъулаз рохьилазул цояв - МухIамад Лабазанов - чIвана, амма цогидав рохьилав - Азнаур Хизриев - ва Крымчиев лъутана. Ахир-къад полициялъулаз Крымчиев азарханаялда ккуна. Нахъисеб къоялда гьев гьениве гулла бахъизеян вачIун вуго. Хизриевни низам цIунулез чIвана хадув хасаб операциялда.

Крымчиевасда гIайиб гIунтIизабулеб буго тамихIалъул кодексалъул анкьго къануналдалъун. Гьезда гъорлъ руго, мисалалъе, гьадинал къанунал: низам цIунулел идарабазул хIалтIухъан чIвазе хIалбихьи, чи чIвай, къануналда рекъечIого ярагъ тIибитIизаби ва гь.ц.

ЦIех-рехалда тIаса гIагарлъиялъул гIарзаби рукIаниги, низам цIунулез абулеб буго Крымчиевас къотIи-къай гьабунин цIех-рехгун ва диваналда рохьиласул иш халгьабизе бугин хасаб къагIидаялъ. Гьеб бичIчIизе бегьула Крымчиевасе батIаго къвакIараб тамихI къотIизе гьечIин гIадин.

Крымчиевасда хъинтIун гьабураб цIех-рехалъ хадур цIазе бегьула цогидал цIех-рехалги. Такъсир гьабиялъул ишал рагьине бегьула гьанже рохьилазда хъинтIун гуребги, Хасавюрт мухъалда ругел администрациялъул хIалтIухъабазда ва гьезул гIагарлъиялдаса чагIазда хурхунги.

«Кавказский узел» сайталъул бетIерав редактор Григорий Шведовасул рагIабазда рекъон, рохьилазулгун бухьенал ругел хIакимазе тамихI къвакIараб букIине ккола.

Григорий Шведов: «Цо-цо рохьилазул къукъабазул яги рохьилаллъун рикIунел чагIазул бицунаго, раккула чанги суалал. Мисалалъе, раккула суалал полициялъ лъабцIун сверухъ ккун бугеб минаялдаса кин тIуризе кIолеб цо-цо рохьилазе, яги хасаб операция тIобитIулаго изну гьечIого яргъид гIуцIарал кин рорчIулел полициялъулаз цIураб рохьалдаса. Къуваталъул идарабазул нухмалъулезги чанги нухалда абун букIана рохьилазулгун бухьенал ругин Дагъистаналдаса батIи-батIиял хIакимазулги, низам цIунулезулги. ЦIех-рех гьабизе ккола щаклъи бугел чагIазе ва балагьизе ккола рохьилазул кинал операциязе гьез кумек гьабурабали».

Ахиралда тIаде жубала, цодагьалъ цеве Дагъистаналде щварав Россиялъул президантасул вакил Сергей Меликовас абун букIана, жакъа къоялда Дагъистан бугин ахIвал-хIал хIалуцинабизе бищун бигьаяб регионилан. Гьесул рагIабазда рекъон, цо-цо хIакимазул рохьилалгун бухьенал рукIиналъул информация буго ва гIагараб заманалда гьел хIакимал жавабалде цIазе руго. Щал гьел хIакимал ругелали Меликовас мухIкан гьабичIо.

XS
SM
MD
LG