МагъчIваялъе рес

Къадыровасул цебелъей Россиялъул Думалда


Россиялъул пачалихъияб Дума, Москва, 8Окт2014
Россиялъул пачалихъияб Дума, Москва, 8Окт2014

Россиялъул пачалихъияб Думаялде бачIараб чачаназул парламенталъул цебелъеялда хурхун гIемерал тIасанкIалъаял руго Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулезул. Гьезда гьеб цебелъей бихьулеб буго щвалде щвечIеблъун, эмоциязул асаралда гъоркь гIуцIараблъун ва гьеб гIуцIаразе къваригIараб хIасил кьолареблъун.

Чачаназул парламенталъул инициативаялда гIуцIараб ва Россиялъул пачалихъияб Думаялде хал гьабизе босараб цебелъеялда сверун Думаялъул депутатазул цо ккураб пикру гьечIин ва гьеб къабул гьабуниги гIезегIан хиса-басиялги гьарун гурони къабул гьабизе гьечIолъиялда хьул загьир гьабуна Эркенлъи Радиоялъе инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун «Мемориалалъул» нухмалъулев Олег Орловас.

Олег Орлов: «Думаялда гьеб къануналъул проекталда хурхун бербалагьи цIодорго чIараб буго. Дида лъалеб бакIалдасан гьелда рихьизарун руго терроризмалда гIахьаллъи бугезе тамихI кьваризабиялда хурхарал бакIал. Гьеб битIарабги батила. Гьелде тIадеги гьединазул гIагаралги жавабчилъиялде цIаялъул бицунеб буго гьениб. Гьеб буго дандбазе кколеб суал. Дида бичIчIухъе, гьелда хурхун «тIасан рещтIараб кинаб букIаниги хIукму» жеги гьечIо.

Терроризмалда хурхен бугезе тамихI кьваризабиялъул бицине бегьула, амма дида кколаро Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал гьелъ кинаб букIаниги куцалда лъикIлъизабизе бугин.

Терроризмалда гIахьаллъи бугезул гIагаразе буголъи бахъун яги банказда гIарац цIорозабун гьабизе бихьизабулеб тамихIалда хурхунги абила гIаммаб жавабчилъиялде цIай кинго биччазе бегьуларин. Абулеб буго гьеб тамихI гьабизе бугин гьезул гIагарав чиясул терроризмалда гIахьаллъи букIин диванханаялъ чIезабураб мехалдайин. Гьелде тIадеги гьел чагIазе жидерго буголъи терроризмалъе квербакъулаго щун букIин диванханаялъ чIезабун хадуб».

Амма Чачанлъиялда ва Шималияб Кавказалда диванханаби хIалтIулеб куц бихьун, гьелда жиндир хьулги кIудияб гьечIин абуна инсанасул ихтиярал цIунулес. Гьес абуна лъидаго бачIеб диванханабазул система абураб жо гьеб регионалда гьезего гьечIин, хасго Чачанлъиялда. Жакъа къоялде цониги диванчиясе рес гьечIин Къадыровасе бокьараб хIукму къотIичIого. Гьебго хIал бугин гьабаразул диванханабазда хурхунгийин абуна Орловас.

РЭ: Къадыровас терроризмалда гIахьаллъи букIиналда щаклъи бугезул гIагаразе тамихI гьабизе ккеялда бан бахъинабураб ахIи, рагъулаб оппозициягун гьабулеб къеркьеялда гьев къеялъул гIаламатлъун бихьулищ дуда?

Олег Орлов: «Дида ккола Грозныялде яргъидгIуцIараз гьабураб гьужумалда хурхун Къадыровасул реакциялъул истериялъул хасият бугин. Узухъда, гIемераб заманаялда гьес абулеб букIана жиндир республикаялда террористал ва яргъидгIуцIарал тIубанго тIагIинарун ругин. Цоги республикабазде дандеккун жиндиралда «алжан» бугин. Цинги гьес бахъараб берцинаб суратги бихъизабун цебе кIанцIула гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул унго-унгояб сипат. Гьебги президент Владимир Путиница калам гьабилалде цебе. Гьеле гьелъ бижинабунин гьеб истерияйин ккола дида».

Къадыровасул гьеб цебелъей Думаялде хехго щвеялъулъ ва щварабго халгьабиялде босиялъулъ Орловасда бихьулеб буго Путинил системаялда Къадыров асар кIудияв чи вукIиналъулъ.

Хельсинкиялъул комитеталъул Ослоялда бугеб бутIаялъул вакил Гисаев АхIмадил пикруялда терроризмалда щаклъи бугезул гIагаразе тамихI гьаби церетIурал пикрабазул чагIазе данде кколеб гьечIониги, гьеб данде кколеб буго гIурусазул хасияталъе.

Гисаев АхIмадил: «Гьеб данде кколаро церетIурал пикрабазул гIадамазе, амма цIакъ данде ккола гIурусазул хасияталъе. Гьеб буго цебегосеб, гIурусазул гуребги, хIалбихьи бугеб жо. Цоги улкабаздаги гьеб гIатIидго бихьанхъизабулеб буго, масала Палестинаялда Израилалъ. Гьеб гьенисан баккарабго бугин абизе бегьула. Гьеб кидаго букIана ва букIине буго. Парламент чачаназул бугин абуниги гьеб буго Кремлалъул парламент. Дир ракI чIараб буго гьеб цебелъейги жалго чачаназ ургъараб гьечIолъиялда. Гьезде абулеб буго кин хьвадизе кколелали».

Шималияб Кавказалда машгьурав адвокат Ахильгов Батырил пикруялда инсанасул ихтияралги хвезарун къанун цIунараб пачалихъ бан бажаруларо.

Ахильгов Батыр: «Щай цохIо гIагаразе тамихI гьабун толеб бугеб? РачIаха терроризмалда гIахьаллъи букIиналъул щаклъи бугесул тIубараб росдаего тамихI гьабизе, хадуб тIубараб республикаялъе... Дица рикIкIуна гьеб маразм бугин. Щибав чияс кьезе ккола гIицIго жинцаго гьабуралъул жаваб. Гьеб кьочIолаб принципалда гурони инсанасул ихтиярал цIунулеб пачалихъ бан бажаруларо».

XS
SM
MD
LG