МагъчIваялъе рес

Гьикъе-бицина

Эркен гьавулищ магъало кьеялдаса пенсионер?


МахIачхъалаялдаса ГIалибегов Насрудиница нижехъе бачIараб суалалда хъвалеб буго живги лъадиги кколила пенсионерал. Жидер бугила жидеца пайда босулеб ракьул гьитIинабго кесек. Лъазе бокьилаанила пенсионеразе пачалихъалъул рахъалдасан ракьалъухъ босулеб магъалоялъул бигьалъи букIунарищали.

Гьеб суалалъе жаваб кьолаго юрист Хазамов МахIмудица бицана РФялъул «Ракьул хIакъалъулъ» абураб къануналда рекъон, пенсионерал ракьул магъалоялдаса эркен гьаруларилан.

«Амма гьеб рахъалъ бигьалъаби рихьизарун руго КIудияб ВатIанияб рагъул ветераназе ва инвалидазе, Совет Союзалъул ва Россиялъул БахIарзазе, тIоцебесеб группаялъул инвалидазе, гьединго, 2004 соналъул 1 январалде щвелалде кIиабилеб группа инвалидлъи чIезабуразеги, лъимерлъудасаго инвалидлъи бугезеги, Чернобылалда ккараб авариялъул хIасилал лъугIизариялда гIахьаллъаразеги».

Юрист Хазамов МахIмудица бицухъе, РФялъул Магъалабазул кодексалъул 391-абилеб статьяялда рекъон, бакIалъулаб тIалъиялъул ихтияр букIунеб рагIула, ресалъухъ балагьун, пенсионеразе бигьалъаби гьаризе. Гьединлъидал суал кьурав ГIалибегов Насрудин ине кколев вуго жинцаго гIумру гьабун бугеб шагьаралъул мухъалъул тIалъиялде, пуланаб суал тIубазабиялъе кумек гьабейилан гIарзагун.

XS
SM
MD
LG