МагъчIваялъе рес

МухIамадица, ПатIиматица-хъвалеб буго МухIамадиться, ПатIиматиться абун


МухIумаева Сарат
МухIумаева Сарат

Унеб соналъул ахиралда яги цIияб соналъул авалалда гIадатлъун лъугьун буго аралде берщвезабун гьеб сон кинаб букIарабали хIасил гьабизе ва гьениб букIараб лъикIаб-квешаб ракIалде щвезаби. Араб соналда дагъистаниязе щварал бергьенлъабазда гьоркьоб букIана ТIолгороссиялъул къецалда магIарул мацIалъул мугIалим бергьинги. Гьеб хIужаялъ цоги нухалда ракIалде щвезабулеб буго Дагъистаналда рахьдал мацIал, гьездаго цадахъ авар мацIги, школазда, хасго шагьаразул школазда малъиялда сверун ругел проблемаби.

Ахирисеб чанго моцIалда жаниб интернеталда, хасго магIарулазул къукъаби рукIунел гьумеразда цин тIерхьун цин цIилъун цояз цогиязухъе рехун тIибитIун букIана берцинай гIаданалъ берцинаб магIарул мацIалда рикIкIунеб гъваридаб магIанаялъул кечI. АхIулезде дандеккун рикIкIунел кучIдул гIадамаз цоцахъе ритIиялъул хIужаби интернет-жамгIияталда гьоркьоб тIибитIараб иш бугин абизе бакI гьечIо, щагурелъул ахIулеб кочIоде данде рикIкIунеб кIочIол асар гьитIинаб букIун, амма гьаб нухалда гуреб.

Лъица хъвараб ва лъица рикIкIунеб бугебали лъачIониги гIадамаз нуж гьалъухъ гIенеккизе кколин абун нахъеги цоцахъе рехулеб букIана гьале гьаб кечI:

Жакъаги кьуна дарс магIарул мацIалъ
Бащдаб магIарулалъ, бащдаб гIурусалъ.
Жакъаги щвана дун свакан рокъое
Свараб чирахъгIадин рекIел нурги сун.
Сабураб, магIнаяб магIарул рагIи
ГIисинаб гIелалъе гIадлъулеб буго.
Чилъиялъул хIуби, яхIалъул рачел
Рахьдал мацI гьазие чиярлъун буго.
Гьан бичун, чед босун дир магIарулаз
МагIарул мацIалъул гьод бекун буго.
Гьадинаб бечедаб дир авар калам
Чияраб мацIалъе наку чIван буго.
МагIарул халкъалъул гIисинал лъимал
Гьале дир дарсида гIодор чIун руго,
Гьале дун гьитIинав магIаруласда
МагIарул мацIалда кIалъалей йиго.
Дий гьев магIарулас гьадинаб жаваб
Бадиве валагьун гьабулеб буго:
«Не понимаю я аварский язык,
Скажите на русском, тогда я пойму».
МагIарул васасул гIасияб калам
Каранлъ къазабураб ханжарин ккана,
ГIакълу гьечIолъиялъ бицараб рагIи
РечIчIараб гьорчолъун гIадалъ кьабана.
Кин, дир магIарулав, дуда гьеб рагIи
ГьедигIан бигьаго абизе кIвараб?
Кин мун гьавурал эбел-инсуда
Гьединан мунги тун рукIине кIварал?
Кин нужеда кIолеб, дир магIарулал,
МагIарул мацIалъул цIоко бахъизе?
Кин нужеда щолеб сардилъ макьуго
Чохьол лъималазда мацIги кIочон тун,
Щай нужер сурсатал тIатIала рехун,
Лъимада мацI лъазе тIаделъуларел?
Щай тIолабго дир халкъ дандеги руссун,
Гьаб унтуе дару ургъулеб гьечIеб?
ХинкI-чедалъул ургъел тIадеги босун,
Миллияб рахъалде рохъо хъван буго,
МацI хвеялда цадахъ халкъ холеблъиги
КIварго гьабичIого кIочон тун буго.
Щиб къисматдай ккела гьаб дир халкъалъул
Халкъияб хазина чадихъги бичун,
Киредай рачина гьал карачелаз
Чияр культурабаз кверде росарал?
please wait

No media source currently available

0:00 0:02:28 0:00
Интернет-мухъ


Гьеб хъван ва рикIкIунеб буго Гъизилюрт шагьаралъул 7-билеб школалъул авар мацIалъул мугIалим МухIумаева Саратица. Гьелъ гьеб хъванги буго магIарул мацI лъаларел лъималазда ракI унтун цо къоялъ школалдаса тIад юссарабго. Гьедин бицана Саратица Эркенлъи Радиоялъе.

Рахьдал мацIазул мугIалимзабазда гьоркьоб гIуцIараб ТIолгороссиялъул къецалъул гIахьалчагIи
Рахьдал мацIазул мугIалимзабазда гьоркьоб гIуцIараб ТIолгороссиялъул къецалъул гIахьалчагIи

Исана Сарат бергьана Россиялъул пачалихъияб Думаялъул миллатазда сверун комитеталъ, Минрегионалъ ва Россиялъул халкъазул Ассамблеялъ рахьдал мацIазул мугIалимзабазда гьоркьоб гIуцIараб ТIолгороссиялъул къецалда ай мастер-классалда. Гьелда гIахьаллъи гьабулеб букIана Россиялъул 30-ялде гIунтIун субъекталда гьединалго къецазда бергьарал магIалимзабаз. Сарат мустахIикълъун йиго «Методикиял хIукмуязул цIилъиялъухъ ва хаслъиялъухъ» абулеб дипломалъе.

Сарат лъалез абулеб буго магIарул мацIалда тIад гьелъул ракI унтун букIунеб куц бихьун гьелдаса кIудиялги шапакъатазе гьей мустахIикъай йигин. Амма жийго Саратица бицухъе магIарул мацIалдехун цо-цо лъималазул улбузул бугеб хашаб бербалагьи бихьун, рокъоб лъималазе магIарул мацI бицунел улбузе наку чIваялде ккун руго магIалимзаби. Рокъоб бицинчIони лъимада рахьдал мацI лъаларин ва школалда гьелъие бихьизабураб анкьие бугеб чанго сагIтида жаниб мугIалимзабазда лъималазде мацI малъиялъул масъала тIубазабизе кIоларин рикIкIунеб буго гьелъ.

please wait

No media source currently available

0:00 0:05:04 0:00
Интернет-мухъ

Сарат исана бергьараб ТIолгороссиялъул къецалда цIар буго «Рахьдал мацIазул ва гьединго гIурус мацIалъул мугIалимзабазда гьоркьоб ТIолгороссиялъул мастер-класс» абун. ГIурус мацIалъеги рахьдал мацIалъул статус кьезе кколин абун, Думаялда гьеб тIалаб гьабулезул цояв вукIана Дагъистаналъул рахъалдаса гьенив вугев депутат СапаргIалиев ХIажимет. ГIурус мацI-Россиялъул пачалихъияб мацI тIолабго улкаялдаго рахьдал мацIаздаса кIвар кьун лъазабулеб ва рахьдал мацIазде дандеккун гьеб лъазабизе ругел шартIал гIемерго лъикIал рукIаниги гIурус мацIалъе рахьдал мацIалъул статус щай кьезе кколебали гьадин бичIчIинабулеб букIана СапаргIалиевас.

СапаргIалиев ХIажимед 02Ноя2012
СапаргIалиев ХIажимед 02Ноя2012

СапаргIалиев ХIажимет: «ГIурус мацI рахьдал мацI гIадин лъазабиялъул хIакъалъулъ президент Владимир Путиницаги букIана бицун. Цо жоялде кIвар буссинабизе бокьун буго дие-нилъер къунуназул яги рихьизариязул цонигиялда гьечIо гIурус мацI рахьдал мацI бугин хъвараб бакIал. Буго гIурус мацI Россиялъул федерациялъул пачалихъияб мацI бугин хъвараб, Россиялде гъорлъе унел республикабазул пачалихъиял мацIалги руго, руго Россиялъул Федерациялъул халкъазул мацIалги. Гьенибги бихьизабулеб буго -гIурус мацI хутIизегIан-абун. Лъица ва щай гьеб гьедин хъварабали лъаларо. ГIурус мацI тIасаги бищун рахьдал мацI гIадинан гьеб лъазабизе цониги чиясул ихтияр гьечIин абураб жойищха гьелъул магIна кколеб? КIиго мацIалъул республикабазда гьелда бан раккулел руго проблемаби. Гьеб буго Конституционияб проблема. МацIги, гIумру гьабизе бакIалги цоги гьелда релъарабщинабги гьеб буго гражданинасул къануналда рекъон бугеб ихтияр».

Россиялъул Пачалихъияб Думаялда миллатазул ишазда хурхун комитеталъул нухмалъулев СапаргIалиев ХIажимедица абулеб буго Россиялда бугин гIурус мацIалъул 147 батIияб тIехь. Гьеб мекъи бугин ва цо мацI малъизе кколин цо тIехьалда рекъонин. Щибаб регионалда батIи-батIияб гIурус мацI малъулеб бугин рикIкIунеб буго гьес. Гьединлъидал цо регионалдаса цоги регионалде арал лъималазда гIурус мацIалъул тестал кьезеги кIоларин гьезул регионалда гьеб дарс батIияб куцалда ва батIияб тIехьалда рекъон кьолеб букIиналъ.

ГIурус мацI рахьдал мацI гIадин лъазабуниги пачалихъияб мацI гIадин лъазабуниги кинаб батIалъи бугебали СафаргIалиевас мухIкан гьабулеб букIинчIо. Гьес абулеб букIана рахьдал мацI гIадин гIурус мацI лъазабизе цо гIурусазе гурониги бокьун бугин.

СапаргIалиев ХIажимет: «ГIурус мацI рахьдал мацIлъун тIасабищизе дир ихтияр батичIони, гьелъул магIна ккола дир ихтиярал хвезарун ругин абураб. Гьеб цо бугони. КIиабизе бугони, Россиялда 100-ялдаса цIикIкIун млн. чиясул гIурус мацI рахьдал мацIлъун тIаса бищизе ихтияр гьечIин абураб жо гьеб ккола абсурд.

Амма нуж бицун божиларо гьеб къануналъул щибаб мухъ хъвазе нижее захIмат букIараб куцалъул. Гьелдехун хурхен бугевщинав хъулухъчияс гьикъулеб букIана-гьеб щибизейин. Абулеб букIана нилъер пачалихъияб мацI бугелъул гьелда гIей гьабун рукIине кколин.

Нижеца гьабураб хиса-басиго буго цIакъ гьитIинаб: Россиялда гIумру гьабулел халкъазул мацIал абураб бутIаялде тIаде жубана цо мухъ-гьездаго гьоркьор гIурусалги, абун. Щиб гьелъ кьолеб? Гьелъ кьола рахьдал мацI хIисабалда гьеб лъазабизе рес. Гьебги цохIо гIурусаз гурониги тIаса бищизе бегьулелъул. Нижер баяназда рекъон, гIурусал гурел халкъазул 50% хIадураб буго ва гьезие бокьунги буго гIурус мацI рахьдал мацI хIисабалда лъазабизе».

ТIадехун рехсараб мастер-классалда гIахьаллъарал жидергун данделъиги гьабун букIанин СапаргIалиевас ва гьесие бокьун букIанин щибаб абухъе регионалдаса гьенир рукIарал мугIалимзабаз рокъоре тIадруссабараб мехалда гьенибги гьесул пикру битIун бичIчIинабизейин бицана Саратица. Кинаб пикру гьеб букIарабали бицунеб буго мугIалималъ.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:00 0:00
Интернет-мухъ

«Россиялъул Федерациялъул халкъазул мацIазул хIакъалъулъ» абулеб къануналъул 9-билеб бутIаялда абулеб буго гьадин: «Россиялъул Федерациялъул гражданазул буго, лъай кьеялъул къануналда рекъон, жидеего лъай щвезе бокьараб мацI тIаса бищизе ихтияр».

Амма гьебго къануналъул 14 бутIаялда тIадехун рехсараб гьадин бичIчIизабулеб буго:

«Россиялъул Федерациялъ кьола пачалихъияб мацIалда лъай щвезе, гьединго лъайкьеялъул системаялда ругел ресазда рекъон, лъазабулеб гIелмуялъул ва щолеб тарбиялъул мацI тIаса бищизе гарантия».

Гьедин кколеб буго цоги мацIазда хурхун киналгIаги гарантиял гьечIин абураб. Гьеб гьедин букIин бихьулеб буго хIакъикъияб гIумруялдаги. Миллиял республикаби рахун къватIирехун миллиял мацIал лъазарулел яги гьел мацIазда лъайкьолел бакIал Россиялда гьечIо.

Дагъистаналда ругел миллатазул мацIазе пачалихъияб статус кьезе ва гьел школазда лъазаризе гьел мацIазул вакилзабазазе рес кьезе ккани мацIазда сверун къанун бахъизе кколин абулеб буго республикаялда цо-цо гIалимзабаз. Щиб гьеб къануналъ кьезе бугеб ва гьеб бахъунин абун рахьдал мацIал кIочене толарезул къадар дагьлъизе бугищ абурал ва гьезда релъарал цоги суалал рорхараб программа нижеца эфиралде кьезе буго гIагараб заманаялда.

XS
SM
MD
LG