МагъчIваялъе рес

МахIачхъала бикьулеб буго лъабго бутIаялде


ТIасияб соналдаса байбихьун Дагъистаналъул тахшагьаралъул лъабабго мухъ - лъугьинехъин руго жидерго бюджетги къануналги ругел, жалго жидеда чIарал муниципалитеталлъун. Гьединаб къануналъул проект къабул гьабуна гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIараб республикаялъул парламенталъул сессиялда.

Депутатал гьеб пикруялде цинтlаго гурел рачIарал. Гьел рикьизарурал суал букIана МахIачхъалаялъул даража хисизабиялда бан халкъалъул пикру гьикъиялда хурхараб.

Коммунистазгун патриотаз абулеб бугоан референдум тIобитIизе кколин. Халкъияб Мажлисалъул комитеталъул вакил чIун вукIана гьелъулъ хIажалъи гьечIилан. Амма кин букIаниги, къануналъул проект къабул гьабуна.

Гьелда бан нужер пикру кинаб бугебан халкъалда гьикъизе кколин чIана проект гьоркьоб лъедал коммунистазул депутат МухIамад МухIамадов.

МухIамад МухIамадов: «РакIарилаха администрациялъул хIалтIухъабиги, гьениб гьоркьоб лъела гьеб суалги, цинги рихха-хочила киналгоги, гьедин гьеб суалалда тIасан халкъалъул пикруги лъачIого хутIила. Референдум щай гьабизе бегьулареб? Федералиябги, республикаялъулги, халкъалда гьоркьоселги къануназдаги данде гьеб кколебги мехалда. Гьединлъидал референдум тIобитIизе ккола. Гурони гьеб жо ккола махIачхъалаялъулазулги дагъистаниязулги адаб рехун тей».

Амма референдум тIобитIичIониги, гьеб суал батIи-батIиял данделъабазда борхун таниги гIолин бичIчIизабулеб букIана ГъазимухIамад ГIабдулаев абулев чияс. БакIалъул нухмалъиялъул рахъалъ Халкъияб Мажлисалъул комитеталъул вакил ккола гьев.

ГъазимухIамад ГIабдулаев: «МахIачхъалаялъул даража хисизабиялъул суал тIоцебе жалго махIачхъалаялъулаз борхулеб букIарабани, гьабизе кколаан референдум. Амма гьеб суал республикаялъул хIукуматалъул идарабаз яги федералиял гIуцIабаз лъолеб бугони, гьаркьал кьеялъул къагIидаялъулъ кинабгIаги хIажалъи гьечIо».

Амма дуца депутаталги цогидалги къосинарулел ругин гьеб бакIалда, цин гьадин бицун, цебе гъодинисан бицунилан ГIабдулаевасде гIайиб-гъвел гьабизе лъугьана «патриотазул» вакил Эдуард Хидировги.

Гьаниб абизе ккола, МахIачхъалаялъул лъабабго мухъ жибго жиндаго чIарал муниципалитеталлъун теялда хурхараб къануналъул проект бакIалъул парламенталъ гьоркьоб лъун букIана битIун моцIалъ цебеги.

Цо-цоязда бичIчIулеб гьечIо лъабабго мухъалъухъе кверщелги кьун, жибго шагьар хIисабалда МахIачхъала щай гьезда тIаде балагьун букIине кколебали. Амма цогидаз рикIкIунеб буго гьеб кколин дагь-дагьккун МахIачхъалаялда аскIор ругел Каспийск гIадал гIисинал шагьаралги, Гъаякент, Гъарабадагъкент гIадал мухъалги МахIачхъалагун цолъизариялъул мурадалда гьабулеб хIалтIул репетициялъун бугилан.

Гьелъ, цо рахъалъ, лъалаго загIиплъизе бегьулин шагьаралда тIад шагьаралъул бетIер МухIамад Сулимановасул кверщелин абураб пикру буго «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасул. Гьелдаго цадахъ гьес рикIкIунеб буго гьеб галиялъ щущахъ рихханин церехун республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасе мэрасул тахбакIалъухъ миллиард гъурущ кьун бугин тIиритIун рукIарал харбалги. Щайгурелъул МахIачхъалаялда мэрлъун вачаралъухъ Сулеймановас гьесие ришваталъе кIиго млрд доллар кьун бугин бицунеб букIана исана ихдал интернеталдасан.

Гьединго рукIана харбал Дагъистаналъул тахшагьаралъул мэрасул тахбакIалда сверухъ къеркьезе вугин Сагид МуртазагIалиев ва МухIамад Сулейманов абун. Мэрасул кверщел загIиплъани, щакаб жо буго Сагид МуртазагIалиев гьеб хъулухъалде ин, хIасил калам, гьеб рикIкIине бегьула живго ГIабдулатIиповасе санагIатаб политикияб галилъун. Гьеб гурищинха къваригIун бугеб Дагъистаналъеги, халкъги шагьарги кьураразул ва кьвараразул асаралдаса хвасар гьабиян хIисаб гьабулеб буго цевехун рехсарав БисавгIалиевас. Амма гьелъие къимат кьезе цудунго буго, заманаялъ бихьизабила кинабго.

XS
SM
MD
LG