МагъчIваялъе рес

ГIумруялъул магIна хвезабулеб нухда


Кальян бухIулел бакIазда ва кеп-гIоркьалъул ханабазда хIалбихьулеб буго гIолилаз тIоцебесеб нухалъ наркотиказул. Жакъа гьел кальян бухIулеб бакI къазе изхну гьечIо, щай гурелъул гьел квана-гьекъолел бакIал гIадин хъван рукIиналъ сияхIалда. Гьел ва цогидал кIвар ругел суалал рорхун данделъи тIобитIун буго Наркотиказда хадуб халкквеялъул федералияб хъулухъалъул минаялда.

Дагъистаналда наркотикал къаси-къаси хIалтIулел кеп-гIоркьалъул ханабазда ва кальян бухIулел бакIаздасан тIибитIи бугин цIакъ кIвар бугеб суалинан лъазабуна Нароктиказда хадуб халкколеб федералияб хъулухъалъул нухмалъулев Энрик Муслимовас 24 октябрялъ гьединал бакIазул нухмалъулелгун тIобитIараб данделъиялда.

Наркотиказда данде къеркьолеб идараялъул нухмалъулесул баяназда рекъон, кальян бухIулел бакIазда зама-заманаялдаса хал-шал гьабизе оперативиял къокъаби унел руго, амма гьезул хIалтIуе квекIен кколила, щайгурелъул цо-цо гьединал бакIазда жанире риччалел хасал чагIи рукIиналда бан ва гьенибе жанибе нух щолареб хIалалъ рахан къан букIиналъ. Гьелдаго цадахъ, тIоцебесеб нухалъ гIемерисел гIолилаз гьелго къаси-къаси хIалтIулел бакIазда ва кальян бухIулеб бакIазда хIалбихьулеб бугила наркотикалъулилан баян гьабуна Муслимовас.

Энрик Муслимов: «Бищун нижее ургъел бугел сияхIал ва тарихал ккола тIоцере наркотикал хIалтIизарурал гIадамал. ТIоцебесеб нухалъ гьеб гьез хIалтIизабулеб буго кальян бухIулел бакIазда ва гьелго къаси-къаси хIалтIулел кеп-гIокьалъул ханабазда. Гъоркьиса тIоцебесеб нухалъ наркотикал хIалтIизаруразул къадар гIага-шагар I000 чиясде бахана. Щиб гьелъул магIна? Гьелъул магIна ккола наркотиказда данде къеркьолеб идараялъул ва низам цIунулез наркотикал тIиритIиялда данде гьабулеб хIалтIул хIасил кколеб гьечIилан абулеб жо».

Муслимовасул баяназда рекъон. гьеб тарих буго лъалеб, гьез сияхIалде росарал лъазариял. Чанго гьединал лъаларелги ратулила.

Энрик Муслимов: «Гьединго абизе ккола лъагIалица цебе гьабго бакIала гъоркьиса данделъун рукIана аптекабазул нухмалъулелгун. Гьеб мехалъ киназего ургъел букIана аптекабаздаса бокьаразе босизе ва бичизе рес бугеб «Лирика» абураб наркотикияб дару гIолилазда гъорлъ тIибитIун букIин. Хасаб тохтурасул изну кьолеб кагъат бихьун гурого бичизе бегьулареб гьеб дару бокьарас босизе рес букIана МахIачхъалаялда. ГIемерлъулел рукIана гIолилалги гьеб сабаблъун азарханаялде кколел. Жакъа батIияб унти буго. Гьеб ккола цIакъ тIиритIун ругел батIи-батIиял цIалел хурдул журарал жал, гьебго спайс. Гьеб тIибутелеб нухазул цояблъун кколеб буго гьебго кьальян бухIулеб бакI».

Цоги кIвар бугеб хIужалъун кколеб буго кальян бухIулеб бакI квана-гьекъолел бакIаллъун хъван рукIин, щай гурелъул къануналда гьечIелъул Кальян бухIулеб бакI абун хъвай-хъвагIай гьабизе рес. МахIачхъалаялъул тIалъиялъ ва цогидал бакIазул тIалъиялъ гьединал бакIазул хIалтIул заман къаси I0 тIубазегIан гурого хIалтIизе толареб хIал гьабизе ккелилан лъазабуна данделъиялда МахIачхъалаялъул мэр хисулев Цветков Сергейица. Гьенибго тIадеги жубана, гьеб тайпаялъул бакIал тIуран къаялъул рахъ кколев чи вугила живилан.

Кальян бухIулел бакIазул нухмалъулел рази рукIинчIо Цветковасул пикругун. Амма разилъана жиде-жидер бакIазда хасал игIланал чIвазе наркотиказул зарал бицунел ва гьединго Наркотиказда данде къеркьолеб идараялъул ва Жанисел ишазул министерлъиялъул телефонал хъварал хъарщал чIвазе.

КинабгIаги хIасил кьеларин гIицIго гьеб хIалтIиялъ, щайгурелъул гIемерисел гьединал бакIазде рачIунин хIатта тIалъиялъул чагIицинилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялъул кальян бухIулеб бакIалда хIалтIулев вукIарав Исрапилов ХIажица. Гьесул рагIабазда рекъон, гьенир цуцадаса батIагьарурал, гIисинал рукъзал рукIунел руго, щиб гьениб гьабулебалиги лъазе кинго рес букIунеб гьечIо.

Исрапилов ХIажи: «Дун хIалтIулев вукIана гьединаб кальян бухIулеб бакIалда. Къаси лъабго тIубазегIан хIалтIулаан гьеб, амма гIемер чи вугони, яги гьезие бокьун бугони гьенир рукIине ункъо – щуго тIубазегIанги хIалтIулаан. Гьенире рачIунаан бече-бечедал чагIи ва гIолилал. Школалдаса лъималги рачIунаан, студенталги рачIунаан парабиги гьоркьор риччан кальян бухIизе».

Дагъистаналъул магъалаби ракIарулеб инспекциялъул баяназда рекъон, гIицIго МахIачхъалаялда нусго гIанасеб кальян бухIулел бакIал руго, гьелде тIадеги , жеги квана-гьекъолел бакIаздаги рес буго гьеб кальян бухIизе. Къо бахъанагIан гьеб тIибитIулебги буго дагъистаналда.

XS
SM
MD
LG