МагъчIваялъе рес

Гендерил туннель кидал рагьизе бугебали лъицаниги абулеб гьечIо


Рузман къоялъ рагьизе рагIи кьун букIараб гендерил тоннель гьаб нухалдаги рагьичIо къуваталъул идарабаз. Гьеб рагьизе бугеб къоялъул бицунебги гьечIо. ИчIабилеб октябралда къуваталъул идарабаз лъазабуна терроралда дандечIараб низам жеги халат бахъине бугилан.

10 октябралда рагьизе бугилан абулеб букIараб гендерил тоннель рузманкъоялъги рагьичIо. Къуваталъул идарабаз гьединаб хIукму гьабун бугин абураб баян бачIана октябралъул анцIабилеб къоялъ къватIибе. Времменное росулъ халат бхъунеб буго терроралда дандечIараб низам. ИчIабилеб октябралда низам цIунулез рагIи кьун букIун буго Временное росулъ рукIарал гIадамазе жидерго къайи-цIаялъухъ хал гьабизе заманалъ росулъе риччазе, амма гьеб кьураб рагIиги хвезабун цо гIадан виччачIо гьез росулъе.

Гьелъухъ жаваб тIалаб гьабун Времменое росулъа гIадамал Унсоколо мухъалъул администрациялъул минаялъул кIалтIуги ккун чIун рукIана ичIабилеб къоялъ, амма хIасил ккечIо. Гьедин бараб баралъубго къайи-цIаги тун росулъа нахъе ине ккарал гIадамазда лъалеб гьечIо жидерго магIишаталъул къисмат кинаб къагIидаялда бугебали. Гьедин бицана «Эркенлъиялъе» жиндир цIар бицине разилъичIев гьениса чияс. Гьев гьабсгIат Шамилхъалаялда вуго гIагарал чагIазул дова.

Временное росулъа чи: «Росулъе ине рукIарал руччаби нахъруссинарун руго, гьел рачун унев вукIарав «Газель» автомобилалъул хважаин, цо гIолохъанав васцин гьез жанив тIамун вугилан бицана, къватIиве виччаниш гьевали лъаларо.

Нижер къайи-цIаги азбар бахун къватIибе баралъубго буго, цо-цоязул рукъзабазул гIодобакIалцин хвезарун рагIула, диралъе гьединаб пасалъи гьабун букIиннчIо. Амма цогидазул къайи-цIа гъурун кIудияб пасалъи гьабун рагIула. Хабар буго аскарияз гьениб рокъоб батараб къиматабщинаб къайи-цIа бикъулеб бугилан. Лъицаниги милат гьабулеб гьечIо росулъ бугеб ахIвал-хIалалъул, жидего бокьа-бокьараб гьабун хважаинзаби гIадин аскариялги рагIула.

ЦIализе лъимал Генуб бугеб мактабалде ритIеян абун буго гьезда, амма Временноялъулаз инкар гьабун буго:

«Нижер Времнное росулъ гьоркьохъеб школа букIана. Гьанже лъимал Генуре ритIейин цIализеян абун рагIулаха мухъалъул нухмалъулес. РитIиларин, нижер лъималазухъ я тIахьал, я цогидаб хIажатабщинаб жо гьечIилан лъималазул эбел-инсуцаги абун буго».

ХIасил-калам Жанубияб Украинялда рагъулаб багъа-бачари бугеб мехалда букIараб ахIвал-хIалалдасаги вахIшияб къагIидаялъ бугин жакъа Временное росулъ ишилан абулеб буго нижергун гара-чIвариялда вукIарав чияс. ЦIияб соналда лъагIан халат гьабизе кканиги терроралда данделъазабураб низам цебе лъураб масъала тIубачIого жидеца нахъе бахъизе гьечIилан абун буго хасал хъулухъаз.

Времменное росулъа гIадамзда ракIалда буго гIагараб заманалъ инсанасул ихтиярал цIунулел чагIазухъа юридикияб консультация тIалаб гьабун МахIачхъалаялде рачIине

XS
SM
MD
LG