МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда цониги гьечlо къануналда рекъон бараб цlатари босулеб бакl


Гьал къоязда МахIачхъалаялъул администрациялъ шагьаралда ругелщинал цIатари бичулел бакIазул халгьабизе байбихьун буго. Гьел рукIине кколел хIалалъ ран ратичIони, яги гьениб хIинкъигьечIолъи букIинабиялъул суал роцIцIинабун батичIони, сундухъниги балагьичIого гьел я къазе яги шагьар тун къватIирехун рахъизе ругин лъазабулеб буго МахIачхъалаялъул мэрасги.

12 августалдаса нахъе МахIачхъалаялъул мэриялъ хасаб комиссияги гIуцIун Дагъистаналъул тахшагьаралда ругелщинал заправкабазул халгьаби байбихьун буго. Гьел хасал тадбирал тIоритIиялъе гIиллалъун ккун буго 8 августалда МахIачхъала шагьар бакьулъ заправкаялда цин цIа рекIин ва гьелдаго хадуб гьеб кьвагьи. Гьеб балагьаб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда 4 чиясе зарал ккана, талат къоялъ гьеб кьвагьиялъул хIасилалда къаркъалаялъул 90 процент бухIун букIарав чи хвезеги хвана. ХутIарал захIматаб хIалалда азарханаялда регизарун ругин, гьел москваялъул хасаб азарханаялде рачиналъе хIалтIаби гьарулел ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей ГъазимухIамадова Тамилаца.

МахIачхъалаялъул мэр Сулейманов МухIамадица лъазабун буго гьел заправкаби букIине кколеб къагIидаялъ, гьел разе бегьулеб бакIалда ран ратичIони, яги къазе ругин, яги шагьаралъул рагIалде рахъизе ругилан. Гьесул буюрухъалда рекъон хасаб комиссиялъ къокъаб заманалда жаниб халгьабун бахъинабизе кколеб буго гьел бензин-газ тIолел бакIазул.

Россияъул цIа-ккеялдаса цIуниялъул къануналда рекъон заправкаялдаги гIадамаз гIумру гьабун ругел рукIа яги кинал рукIаниги батIиял рукIа рукъзабазда гьоркьоб 60 метр букIине кколеб буго. ГЪветI-хер бугеб бакIалдаса 50 метралъ рикIкIад букIине кколеб буго гьеб, гьединго заправкаялдаса аскIоса гIебеде 5 метралъ гIодоб тIамун букIине кколеб буго цIа рекIунареб жо, яги гьанкIун бугъун, ххер бижизе течIеб ракьул мухъ букIине кколеб буго гьелда сверун. Гьединго маххул нухлудасаги 60 метралъ рикIкIад гурони разе бегьулел гьечIо заправкаби къануналда рекъон.

Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялдаса цIар бицине бокьичIев чияс «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гьеб къануналда рекъон гьоркьоб бакIги тун гьабураб цониги заправка гьечIила МахIачхъалаялдайин, халгьабиялъул хIасилалда шагьаралъул рагIалда ругел хутIизегIан цойгидал киналгIаги къазе кколилан. Амма гьел къаялда жиндир божилъи гьечIила щай гурелъул гьел гIемерисел заправкабазул бутIрул ругила Дагъистаналъул хIукуматалда ругел хIакимзаби ва бечедал чагIи. Гьез киданиги къазе толарила гьелин рикIкIунеб буго министерлъиялъул хIалтIухъанас. Гьес «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидеда тIадаб жо бугила гьоркьо-гьоркьоб гьел заправкабазул хал гьабизе, кин гьел хIалтIулел ругел, цIаккеялъул хIинкъи бугищ гьенибищилан балагьизе. Амма гьел тадбиралгицин тIоритIизе толарила жидее, гьезул бетIергьабаз тIалъиялдеги ахIун, гьезулгун рекъезабун хабаргун, жал гьениса нахъе ине кколилан.

Шагьаралдаса зарпавкаби къватIирехун рахъизе рукIиналда хурхунги гIадамазул батIи-батIияб пикру буго. Цояз абулеб буго гьел хIинкъигьечIолъи букIинабиялъе шагьаралдаса къватIире рахъизе кколилан, цойгидаз абулеб буго гьеб мехалда автомобиль бачунел чагIазул гIемерал захIмалъаби рукIине ругила, гьел шагьар тун къватIире рахъиялъул санагIалъи гьечIолъи гурони тIокIаб жо гьечIилан.

МахIачхъалаялдаса 15 соналъ автомобиль бачунев вугев Лабазанов МухIамадица рикIкIунеб буго заправкаби некIого шагьар тун къватIире рахъизе кколаанилан.

МухIамад Лабазанов: «Нилъер гьанир ругел хIалалъ гьел заправкаби шагьаралда тезе бегьуларо. БукIине кколедухъ гьел ран ругони гьездаги гIадамаз гIумру гьабун ругел минабаздаги гьоркьоб кIудияб манзил букIине ккола. Россиялъул цойгидал шагьаразда гьедин ранги рукIуна гьел заправкаби. РикIкIаде инчIого мисалалъе бачине бегьула Дагъистаналъул гIорхъода бугеб Ставрополь мухъалъул Нефтекумск шагьар. Гьенир киналгIаги заправкаби шагьаралъул рагIалда руго. Цого-цо шагьаралда жаниб бугеб заправкаялда сверунги 300 метралъ аскIоб щибниги гьечIо. Гьедин гьабичIони цоссина цIа рекIани гьел заправкабазда гIадамазе кIудияб хIинкъи бугелъул. Гьелъ кинаб балагьалде рачунелали бихьана нилъеда гьал къоязда МахIачхъалаялда Шамил Имамасул къотIноб заправкаялда цIа рекIараб мехалдаги. КIудияб талихI ккана гьелда цун аскIоб гIадамаз гIумру гьабулел минаби рукIинчIолъи».

7 соналъ автомобиль бачуней йигей МахIачхъалаялдаса Къурбанова Саидаца «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда жиндирго разигьечIолъи загьир гьабуна шагьаралдаса заправкаби нахъе рахъиялдаса.

Къурбанова Саида: «Гьел нахъе рахъун цо рахъалъ лъикI бугоха.. амма с другой стороны лъикI гьечIо щай гурелъул бензин тезе рикIкIаде ине кколел руго водителал. Это же очень неудобно, нухда бензин лъугIун хутIани щиб гьабилеб. Кидаго гуро гьеб бензиналда хадуб следить гьабун бажарулеб. Бывает что он почти на нуле, и мне надо срочно заправиться, в этом случае заправки на каждом шагу это очень удобно. Дида бичIчIулаха гьезул опасность букIинги.. Бищун лъикI букIинаан городалда гьел заправкаби по всем стандартам ралелани.

Экологазги лъазабулеб буго шагьаралда жаниб рукIине бегьуларин заправкабийилан. Гьезул кIудияб зарал бугила сверухълъиялъе ва хасго гIадамазе. Гьоркьоса къотIичIого гьениб гIодобе чваххулеб бензинги, къватIибе бачIунеб газги гьаваялде бахъун букIунила, гьелъ гIадамал унтизаризецин рес бугин абулеб буго экологаз. Россиялъул «Партия зеленых» абураб экологияб гIуцIиялъ пачалихъияб думаялде къанунцин хIадурулеб буго Россиялда киса-кирего гьел заправкаби гIадамаз гIумру гьабулеб бакIалдаса I километралъ рикIкIад гурони разе тогейиланги абун.

XS
SM
MD
LG