МагъчIваялъе рес

Унел спецоперациял, хутIулел суалал


14 июлалъ Генуб росдада аскIоре цIидасан азаргогIан аскарияв вачIун вугин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз. Чанго къоялъ Майданское росу сверун ккун рукIарал гьел аскариял Генурехун иналъе гIилла мухIканго лъалеб гьечIо. ЦIидасан терроризмалде данде чIараб низамги лъазабун жидер росулъ хасал операциял байбихьилин абун хIинкъи буго гIадамазул.

АнкьгIан мехалда Унсоколо мухъалъул Зирани-Майданское росулъ терроризмалде дандечIараб низамги лъазабун, гьениб хасал тадбирал тIоритIулел рукIана.

Гьенир рукIарал аскариял гьанже генурехун рачIун ругин, гьез жидер росулъги цIидахъан хасал операциял тIоритIизе лъугьинин абун рахIат хун руго бакIалъул гIадамалги.

Итни къояъул радакь Гендерил сверулъеги рачIун гьенир чIун руго аскариял, амма жеги я росулъе рачIун, яги гьеб сверун ккун щибниги гьабулеб гьечIин гьезин лъазабулеб буго росулъ гIумру гьабун ругел гIадамаз.

Майданскоялда гьабураб гьабизе рачIине ратилин гьанжеги жидер гьанирехунин гьелилан абун ургъалида руго генал. Лъабго къоялъ цебе аскарияз Майданское росулъ тIоритIулел рукIарал хасал тадбирал лъугIизе тана.

Россиялъул терроризмалде дандечIараб комитеталъул официалиял баяназда рекъон Майданское росулъ хасал операциял тIоритIулаго 7 чи чIван вуго, амма росдалгIадамаз лъазабулеб буго гьезул къадар дагьабги цIикIкIун бугилан. Гьел тадбирал тIоритIулеб мехалда дагьалдасан 8 чи тIагIанин росулъилан абулеб буго гьез.

Росулъ захIматаб хIинкъи цIикIкIараб ахIвал-хIал бугелъул журналисталгун кIалъазеги бокьулеб гьечIо гIадамазе. Гьез абулеб буго щиб телефоналъул кIалъайги хIалае ккун жидеде гIайибал гIунтизарилелали лъаларила, гьединлъидал гIадамазул гьариялда рекъон, гьезул гIумруялъе хIинкъи букIинчIого букIине «Эркенлъи» радиоялъул мухбирас гьезул кIалъаялъул запись гьабичIо.

Амма гьез кьурал киналго баянал рехсезе руго. Майданскоялдаса гIадамаз бицухъе чIваразул кIиго жаназа кьун буго сон гIагарлъиялъухъе. Гьел кколел руго МухIамадов ХIажимурад ва Пайзулаев МухIамад. ХутIаразул жаназабиги тохтурзабаз щал кинали чIезабун хадуб гурони гIагарлъиялъухъе рукъизе кьоларин лъазабулеб буго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз.

Гьединго росу кIииде бикьизабун бугин абизе бегьула Майданскоялъул имам Устаров Ризван туснахъалда тIамиялъги. Цояз рикIкIунеб буго гьев битIун туснахъ гьавун вугилан, цойгидаз абулеб буго гьев щибниги гIайиб гьечIев чи жанив тIамун вугилан.

29 сон барав Устаров 6 июлалъ ккун вуго полициялъулаз, гьебго къоялъ цо авлахъалдеги вачун гьенив цIакъ вухизеги вуханин гьевилан абулеб буго гIагарлъиялъ, вухулев вукIин гьезда лъан буго Ризваница жиндирго телефон биччан тун букIиналъ, гьесде кIалъаразда рагIун буго гьев вухулев вукIараб куц.

НизамцIунулез лъазабулеб буго изнугьечIого яргъидгIуцIаразулгун щулияб бухьен букIанин гьесул, гьезие чанги кумекги гьабулеб букIанин имамасилан. Гьел изнугьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабиялъул гIайибги гIунтIизабун кIиго моцIалъ туснахъ гьавун вуго гьев. Росулъа цо-цо гIадамаз абулеб буго имамасулги рохьилазулги бухьен букIиналъе нугIлъи гьабулила чанго къоялъ мажгиталда жанив гьев изну гьечIогояргъидгIуцIаразул цояв вахчун вукIиналъ.

НизамцIунулез гьениб чIухь балеб мехалда михIмаралда жанив вахчун ватун вуго гьев.

ГIадамаз абулеб буго къойил мажгиталъув вукIунев имамасда гьев гьенив вахчун вукIин лъачIогойищила букIунебилан.

Туснахъ гьавун вугев имам Устаров Ризванил рахъккун кIалъалез абулеб буго гьев тIарикъаталда хадув вилълъарав чи вукIанила, жиндаго тIадалги жамгIиялги ишалги тIуран тIокIаб сунданиги гьоркьове лъугьунев чи вукIинчIила гьевилан.

Гьесул гIагарлъиялъ Ризван туснахъалъуса къватIиве вахъизе кумек гьабейилан абун ахIи балеб буго журналистазде, гьев туснахъ гьабизе диваналъ къотIараб хIукумуялда тIасан гIарзги хъвазе бугин жидецайилан лъазабулеб буго гьез.

Гьедин Кавказский Узел сайталъул баяназда рекъон Дагъистаналда цохIо анкьида чIварав 12 чиясул 7 чIван вуго Майданскоялда хасал тадбирал тIоритIулеб мехалда, гьенивго чIван вуго цо полициялъул хIалтIухъанги.

Гьеб заманалда жанир чIваразда гьоркьов вуго Гъизилюрталъул ва Хасавюрталъул полициялъе нухмалъи гьабулев вукIарав Салимгереев Айтемир. 9 июлалъ жиндирго рокъов васасда цеве цIакъго вахIшиго чIвана гьев. ЦIех-рехчагIазул баяналда рекъон гьев изнугьечIого яргъидгIуцIараз рецIел босун чIварав чи вуго.

Гьебго къоялъул радал Хасавюрталда жиндирго автомобилалъув жанив чIвана полициялъул майор, гьесда цадахъ вукIарав захIматго лъукъун азарханаялда вегизавун вуго. Гьединго 11 июлалда ЦIумада мухъалъул Эчеда росулъ аскариязде кьвагьдарав изнугьечIого яргъидгIуцIаравги гьесие кумек гьабулев вукIаравги кIиявго чиги чIван вуго.

XS
SM
MD
LG