МагъчIваялъе рес

ГIолилазул гьунаралъул асарал

19 июналда МахIачхъалаялда рагьана гIолохъанал художниказул хIалтIабазул экспозиция. Дагъистаналъул Художниказул Экспозициязул залалда лъун руго квералъ рахъарал, батIи-батIияб тайпаялъул 88 сурат, гьединго скульпторазул анкьго ва ювелиразул анлъго хIалтIи. Гьезул бетIергьаби ккола жеги школалда цIалулел лъималги, студенталги, гьанжего-гьанже цIалун рахъарал гIолилалги. Экспозициялда гIемерисел хIалтIаби руго Дагъистаналъул гIумру бихьизабулелги абстракциялда хурхаралги. (Зульфия ХIажиева)

Цойги

XS
SM
MD
LG