МагъчIваялъе рес

Щай бухlараб Бабаюрталъул мадраса


Бабаюрт росулъ щалали лъаларел чагIаз мадрасалъе бараб минаялъуб цIа гъун буго
Бабаюрт росулъ щалали лъаларел чагIаз мадрасалъе бараб минаялъуб цIа гъун буго

26 маялъул сардилъ Дагъистаналъул Бабаюрт росулъ щалали лъаларел чагIаз мадрасалъе бараб минаялъуб цIа гъун буго. Гьениб мадраса рагьиялда разигьечIез гьабун батилин гьеб ишилар рикIкIунеб буго бакIалъул гIадамаз. Гьезул рагIабазда рекъон Дагъистаналъул динияб идараялъ росулъ мадраса букIаниги, лъиданиги цIехечIого, сверухъ бугеб ракьги ккун балеб буго гьеб мадраса, гьелде данде чIун руго чанги бабаюрталъулал.

Итни къоялъ Бабаюрталда мадрасалъе къачIалеб бугеб лъабтIалаяб минаялъуб цIа рекIана. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда лъиениги зарал ккун гьечIо, амма гьеб минаялъе гIезегIан кIудияб зарал гьабун буго цIадуца. Гьелде тIадеги росдал гIолохъабазги гьеб щущазабизе мадар гьабунин бицунеб буго бакIалъул гIадамаз. Гьеб гъалмагъир гьабиялъе гIилла щибин цIехараб мехалда гIадамаз абулеб буго жидее къваригIараб жо гурин гьеб мадрасайилан. Росулъ кIигониги бугила мадраса, амма Дагъистаналъул динияб идараялъ гьелъие хIалтIизе толеб гьечIилан.

ГIадильханов МухтаргIали: «Бабаюрталд буго рега-рахъинеги, кваназеги санагIалъаби ругеб мадраса, амма Дагъистаналъул динияб идараялъ гьелъие лицензия кьолеб гьечIо. Щай гьеб кьоларебалиги бичIчIулеб гьечIо, цониги магIна бугеб багьана батичIо гьезда. Мадраса баялде данде чIарав чи гьенив цониги гьечIо, цо-цо чагIаз ниж квешал чагIилъунги рахъинарун, ниж мадрасабазде дандечIун ругилан бихьизабизехъин буго. Кидаялигоялдаса нахъе цин гьениб мадраса балеб бугин, хадуб Путинил цIаралда бугеб спортивияб кIалгIа балеб бугин, хадубги исламияб университеталъул филиал рагьулеб бугинги абун гьеб минаялда сверун цо жал хIалел буго динияб идара. Гьелда гьоркьов муфтийги чIван вугин абулеб букIана.

Гьелда тIадеги лъиданиги цIехечIого сверухъ бугеб ракьги ккун буго гьез. ЧанцIул гьеб гIадлу хвезабураб иш тейилан абуниги гьеб балеб чагIазда бичIчIичIо. Гьелъ гIадамазулги ццин бахъинабун буго. Ниж мадрасазда данде чIарал чагIи гуро, ниж данде чIун руго гьеб минаялда сверухъ бугеб ракь изнугьечIого кквеялдаги, цо-цо чагIаз гьелдасан жидеего гIарац гьабиялдаги», ян бицана «Эркенлъи» радиоялъе Бабаюрталдаса жамгIияву хIаракатчи ГIадильханов МухтаргIалица.

МухтаргIалица бицухъе анцIгогIан соналъ цебе цо предпринимателас бичун босун букIун буго гьеб цебе жаниб Бабаюрт мухъалъул санэпидемстанция букIараб мина. Босизеги босун гьес динияб идараялъе кьун буго гьеб бакI. Гьеб анцIго соналъго цебе гьенир жанир хIалтIаби гьаризе лъугьун хадуб щиб-кинилан цIехарал бабаюрталъулазда абун буго гьениб мадраса рагьизе бугилан. Гьелдаги божичIого гIадамаз лъазабун буго жидее гьаниб тIокIаб мадрасаги къваригIун гьечIин, щибали бичIчIулареб бакI рагьизе жидеца гьаниб росулъ тезе гьечIилан. Цониги гьеб балеб ва рагьизе бугеб бакIалъул документги бихьизабун гьечIо гьенир хIалтIулел рукIараз ва гьелъул бетIергьанин хьвадулев чияс.

Гьелдаса хадуб гIадамаз лъазабун букIун буго гьесда, сверухъ бугеб ракьги жибго тейилан, мина бичаниги гьеб ракь дуе лъицаниги бичун гьечIилан. ТечIони жидеца гьеб мина щущазабизе бугин хIинкъизавун вукIун вуго гьев. ЖамагIаталъухъ гIин тIамичIеб мехалда ццин бахъарал гьез чанго соналъ цебе гьеб минаялъуб цIаги гъун гьениб жаниб бугебщинаб гъур-гъурун букIун буго. Гьелдаса нахъе чанго соналъ щибниги хIалтIи гьабулеб букIун гьечIо гьениб, цIидасан гьеб къачIазе лъугьун буго дагьаб цебегIан. Гьеб мехалдаги бакIалъул гIадамаз гьеб ракьуда хъвагейин гьанжеги жидеца цебе гьабураб гьабулин гьеб минаялъейилан лъазабун букIун буго гьелъул бетIергьанасда. Берцинго гьеб суал гьоркьоб лъезе вачIайин росдал жамагIаталъул дандейиялдайилан ахIараб мехалдаги вачIинчIила гьев, гьединлъидал ццин бахъарал гIолохъабаз цIаги гъунила гьеб минаялъуб, гьенир ругел нуцIбигун гордалги гъуранилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе жамагIатчи ГIадильханов МухтаргIалица.

Гьеб мина бухIиялда хурхун гIемераб ахIи-хIур бахъана социалиял сайтаздаги. Фейсбукалда динияб идараялъул рахъ ккурал гIолохъабаз цIакъ-гIайиб гъвел гьабулеб бугоан, чорокал рекъечIел рагIабигицин хъвалел ругоан гьеб мина бухIаразде. МухIамад Фатих абураб цIаралда гъоркь вугев чияс хъвалеб бугоан гьеб вагьабияз квешезего динияб идараялде данде гьабураб жо бугилан. Гьединго гьес хъвалеб бугоан бакIалъул администрацияги полициягун, цIасвинабулел чагIиги гьел цIагъуразул рахъалда рукIанин, гьеб мина бухIулелъул тIадералагьун рукIун ругеб гьез щибниги гьабичIилан.

Бабаюрталъулаз абулеб буго гьеб динияб идараялъ дагьабниги жидее данде кколареб жо гьабураб ва абурав чи вагьабияв вугин лъазабулан, амма гьеб ишалда гьоркьоб вагьабиязул ва тIарикъатчагIазул дандеккунгутIиялъул суал гьечIила. Гьеб ничбахъун жидеего бокьа-бокьахъин динияб идараялъул чагIи хьвадизе лъугьиналъ ццин бахъинабун бугин халкъалъулилан.

Бабаюрталъулазул бугеб разигьечIолъиялъул бицине ва гьелъие ругел гIиллаби щайин тIагIинаруларин цIехезе, гьеб гуребги мадрасаялъе къачIалеб бугеб минаялда сверун бугеб бахIасалъул рахъ роцIцIинабизе «Эркенлъи» радиоялъ ахIана Дагъистаналъул динияб идараялде. Гьелъул пресс-секретарь Ражабов ХIажимурадица жив гьаб сагIат регIун гьечIин, дагьаб хадуб ахIейинги абун свинабуна телефон. Амма къоялъ чанцIул ахIаниги, кIалъазе регIун гьечIев ватани смс битIейин хъваниги гьесул рахъалдасан жаваб щвечIо.

ЦIа свинабулел чагIи тIадералагьун рукIанин абураб информацияги кьочIое босун гьелда сверун цIех-рех гьабураб мехалда «Эркенлъи» радиоялда лъана гьел цIа свинабулез жидедаго тIадаб хIалтIи гьабураблъи, гьез свинабун букIинчIебани гьеб цIадуца тIубараб минаго бухIун лъугIулаанин абуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул ГIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей ГъазимухIамадова Тамилаца. Гьел цIасвинабулел хIалтIулел рукIараб куц бихьизабулеб видеоги, сураталги ругин жидехъин лъазабуна гьелъ.

27 маялъул къаси Бабаюрталда тIобитIизе ккола гьеб мадрасаялъе къачIалеб бугеб минаялда хурхун жамагIаталъул данделъи. «Эркенлъи» радиоялъ гьеб суалалда хадуб халкквезе буго.

XS
SM
MD
LG