МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул некIсиял къватIал цIигьаризе руго Бакуялъул архитектораз


Махlачхъала
Махlачхъала

Гьал къоязда Дагъистаналда сапаралъ буго Азербайжаналдаса архитекторазул къукъа. Гьел ахIун руго Мах1ачхъалаялъул некIиял къватIазе реконструкция гьабизе. Кинаб бугеб гьел ахIиялда т1асан Дагъистаналъул цо-цо архитекторазул пикраби?

Азербайжаналъул архитекторал Дагъистаналде рачIана арбагI къоялъ. Гьел дандчIвана МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулев Рабаданов МуртазагIалигун ва хадур гьел тIаде къабул гьарун руго Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница/

Гьел архитекторазул кумекалдалъун ракIалда буго тахшагьаралъул маххул нухалъул вокзал бугеб бакIалдаса байбихьун «Авар театралъул» мина бугеб бакIалде щвезегIан къватI къачIазе.

МахIачхъала гьеб мухъалда бищунго гIемерал руго, тIоцебе «Порт-Петоровск» абун щагьар гIуцIаралдаса нахъего рукIарал некIсиял минаби. Архитектураялъул магIнаялда босани гьел минаби рикIкIуна бищунго къиматал тарихиял бакIалда хIисабалда.

Социалиял сетазда гьеб МахIчхъалаялъул гьеб къватI къачIазе рагIулин Бакуялдаса архитекторазин рагIидал гIемерав чияс тIасан кIалъай гьабуна гьелда тIасан. Щайин хас гьабун Азербайжаналдаса махщелчагIи гьелда тIад хIалтIизе кколилан суал лъуна гьез гьениб. Цогидазул абуни бачIинахъего божилъи гIолеб гьечIоан Бакуялъул архитекторазда, гьез жидеего хасиятаб къагIидаялъ гьабизе батилин шагьар цIигьабун къачIаялъул хIалтIиян хъвана фейсбукалда цояс жиндирго пикру. Щайгурелъул кигIан лъикIал архитекторал гьел ратаниги гьезул кингоги жидерго доба хасиятаб хатI батулин гьезул хIалтIулъ, амма Дагъистаналъул гьездаса батIияб бугин.

Амма МахIачхъалаялдаса хIалбихьи бугев архитектор Зиявудинов МухIамадица рахъкколеб буго Бакуялъул махщелчагIазда тIад шагьар цIигьабун къачIазе гьабураб божилъи.

Азербайжаналде гьабураб сапаралдаса хадуб гьезул архитектураги берцин бихьун гьабураб хIукму батизе бугин ГIабдулатIиповасул гьебилан рикIкIунеб буго МухIамадица.

Зиявудинов МухIамад: «Узухъда битIун гьабулеб буго гьеб къватI цIигьабун къачIазе ракIалде ккей. ТIоцебесеб иргаялда рахьдал рагIалда бугеб бакI букIинаги, нилъер гьаниве къватIиса вачIунев гьоболасдаги тIоцебе бихьулеб бакI хIисабалдаги къачIазе кколеб бакI буго гьеб. Реконструкция щиб кколеб? Гьеб ккола цересел къимат бугел, тарихияб кIвар бугел бакIалги хвезе риччачIого цогидал минаби цIидасан къачIаялде абула гьедин. Гурого чIунтун, куц-бегI гьечIого некIсияб росуйин кколеб хIалалъ буго жакъа нилъер тахашагьар».

«Вацлъи» абураб жамгIияб гIуцIиялъул хIаракатчи МикагIил МикагIиловас рикIкIунеб буго Маххул нухлул вокзалалда аскIосан бугеб къватI гуребги цIигьабун къачIазе кколел къватIал гIемерал ругин МахIачхъалаялда. Махщалил рахъалъ МикагIил ккола ралел бакIазул дизайнер.

МикагIилов МикагIил: «ТIоцебе къачIазе ккола Шамилил цIар лъураб къватI, гьеб буго дир цебего ракIунтараб суал буго.КIудияв имамасул цIар лъураб къватI букIин гуребги гьеб буго шагьаралда бищунго кIудиял къватIазул цояб. Гьениб буготахшагьаралъул аслияб мажгит, гIадамал тира-сверизе унеб ах ва цогидалги кIвар бугел бакIал руго гьенир».

МахIачхъала цIигьабун къачIаялъул рахъалъ президентал дандразе гIемерал суалал ругоанин нижерги, амма ниж гьесдандчIваялде ахIичIилан бицана «Эркенлъиялъе» хадубги тIадехун бицен гьабулев вукIарав, «Шауриб» абураб архитекторазулидараялъул нухмалъулев Зиявудинов МухIамадица. Амма гьеб суалалда тIад ниж церего ургъулел ругин.

XS
SM
MD
LG