МагъчIваялъе рес

Рузман цадахъ базе разилъуларел ленинкенталъулал


МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Ленинкент росдал бусурбабазда гьоркьоб нахъойги рагъулал тунка-гIусиял ккана 15 ноябралда. Рузман какде рачIунел гIадамал мажгиталде риччаларилан гьезие нух къан буго щалали лъаларел чагIаз. Ленинкенталъулаз тIалаб гьабулеб буго гьенир ругел салафияздаса, батIа кIанцIун чIечIого жамагIаталда цадахъ цо мажгиталде рачIаян. Амма гьез инкар гьабулеб буго гьелдаса.

Ленинкенталъул мажгиталде как базе гIадамал риччангутIиялда сверухъ тунка–гIуси кколеб бугелдаса гьаб лъабабилеб нух буго.

Эркенлъи радиоялъ дагьаб цебегIанги бицун букIана гьениб рузман какде гIадамал риччачIеб мехалъ бахъун букIараб ахIи-хIуралъул.

Гьеб хIужа нахъойги такрарлъана 15 ноябралдаги. Рузман как базе заман щолеб мехалъ жал щалали лъаларел чагIиги рачIун мажгиталде рачIунел рукIарал гIадамал нахъе гъезе лъугьун руго гьел, гьаз дандечIей гьабураб мехалъ инжитал рогьралги ран чанго чи кьабунги вуго гьез.

Ленинкенталда кинабниги рагIула лъабго мажгит. Цо аслияб, киналго гIадамал рузманалдеги хьвадулеб, цо авал мажгит ва лъабабилеб, дагьаб цебегIан гьенир ругел салафиязул кьеразулъа гIадамаз гIицIго жидеего бараб мажгитги.

Гьеле гьеб мажгиталда кколеб буго щибаб нухалъ гьеб тунка-гIусиги.

Аслияб мажгиталъул имам ШагIбан-хIажил нухмалъиялда гъоркь киназго абун букIанин гьезда жамгIат бикьизабичIого киналго цохIо мажгиталде рачIайилан, амма гьез гIинтIамулеб гьечIилан бицана Эркенлъи радиоялъе Ленинкенталдаса Сурхаев ГIалидибрица:

ЭР: Кида гьез жидеего хасаб мажгит бараб?

ГIалидибир: «ГIураб заман бана гьелдаса, гьезул жидерго авал мажгит букIана цебегоялдаса нахъе, гьанже цIигьабун къачIан рагIулаха гьез гьеб».
ГIалидибирида мухIканго лъалеб гьечIо чан чи гьабсагIат салафиязул Ленинкенталда вугевали, гьезул жидерго имамги вугин, рузман какде цогидазда цадахъ рачIаян абураб мехалъ гIинго тIамун гьечIо гьез

Ленинкенталда аслияб къагIидаялъ гIумру гьабун руго магIарулал, гьезулги цIикIкIунисеб къадар суфиял кколел руго. Гьенирго гIумру гьабун ругел лъарагIазулги магIарулазулги некIогоялдаса нахъе дандеккунгутIиял лъугIулел гьечIо.

Ленинкенталда гIумру гьабун ругел салафиязул гIемерисел гьел ккола лъарагIал. МоцIалъ цебе гIадин тIоцере раккана гьенир гIурччинал хамил кескалги рукьалда жемун цо гIолохъаби.

Гьел лъугьана салафиял рузман базе риччаларин жидецайилан. Гьез жал Дагъистаналъул динияб идараялъул вакилзабиги ругилан абулеб букIана. Гьеб кIиябго рахъалъул тунка-гIуси полиция гьоркьоб лъугьун хадуб гурони лъугIичIо.

Амма дагъистаналъул рухIияб идараялъ кIалдибго къинабулеб буго идараялъул гIадамал рукIанин рукьалда гIурччинаб ххамги бухьун гьениран абураб калам.

Идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ГIумаров МухIамадрасулица Эркенлъи радиоялъе бицана жидер гьеб дагIба-рагIиялда гьоркьоб щибниги бухьен гьечIин, муфтияс гьениве щивниги витIунги вукIинчIин.

Ленинкенталъулазе бокьун батани даимаб рагъ-кьалалда рукIине рукIайин абейинха жидерго, гьезда цо нухалъ гIураб рагIи бицун букIанин, амма гьез гьелде гIей гьабулеб гьечIин:

ГIумаров МухIамадрасул: « Жакъа киналго имамзаби жидерго мажгиталда рукIана какалги ран, вагIзабиги гьарун, Ленинкенталда букIараб ахIи-хIуралде регIунги рукIинчIо.

Идраялъулги гьениб щибниги гIахьаллъиги гьечIо. Киназего бокьула хъваштIан идараялда лъалин, гьезул хIалтIи бугилан ниж кIалухъ рахъизе, амма нижер гьениб щибниги бухьен гьечIо, гьеб ракIчIун абизе кIола нижеда.

Э.Р. «Нужеца гьоркьоб лъураб суал букIаниш гьениб бугеб ахIвал хIалалда тIасан? Доз абулеб бугелъидалха цо мажгиталда базе кколин киназго рузман-какилан…

МухIамадрасул: «Доз абулеб батила гьедин, амма КIудияс (АхIмад-хIажи-Афанди) абун букIана довеги ун байин нужерго как батIаги чIун, щибниги гьелда бараб жо гьечIилан».

Октябралъул 11-абилеб къоялъ гьебго мажгит сверун ккун букIана гьенир гIумру гьабун ругел гIадамазги, полициялъул хIалтIухъабазги. Салафиял жамагIаталдаса батIа тун рузман базе риччалирилан чIун рукIана ленинкенталъулал.

Полициялъ мажгит сверун кквеялъе гIила букIун буго гьениб цооцазде квер борхараб рагъулаб тунка-гIуси ккечIого букIине. Анкьидасан 18 октябралда полициялъул хIалтIухъабаз жидерго идараялде рачун рукIана гьеб салафиязул абулеб мажгиталде рачIунел гIадамазул анлъгояв, гьебго къоялъ гьел нахъеги риччана.

Рукьабазда гIурччинал чIарталги рухьун мажгиталъул кIалтIа рукIарал гIадамалин абуни гьел идараялдаса гурин, гьел ругин жидее кумек гьабулел рукIарал гьенисаго гIолохъабиян абулеб буго полициялъулаз.
XS
SM
MD
LG