МагъчIваялъе рес

«Новостроялъул» нухмалъулес бицинчIо 30 млн гъурущ тIалаб гьабиялъул


Новолак мухъалъул администрациялъул мина
Новолак мухъалъул администрациялъул мина

20 соналъ халатбахъунеб буго Дагъистаналъул Новолак мухъалдаса тумал гочинари. Чачаназ дагIба балеб гьеб бакIалъа рахъинарун, МахIачхъалаялда аскIоб ралъдал рагIалда кьун руго гьезие ракьал.

Гьезие рукъзал ралеб «Новострой» абулеб гIуцIиялъул нухмалъулев дандчIвана республикаялъул журналисталгун. Гьес бицана монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъулги Москваялдагун Дагъистаналда ругел хIакимзабазулгун жидер рагIи дандеккунгутIиялъул.

Новолак мухъалдаса тумал гочинаризелъун къабул гьабураб программа буго пачалихъалъул. БатIи-батIиял гIиллабазда бан гьеб тIубачIого хутIун буго 20 соналъ. Бицуна цин пачалихъалъ гIураб гIарац биччачIин гьелъие, яги жалго гIадамалги гIедегIинчIин гьениса гочине.

Гьедин 20 соналъ цебе тумазул цо хъизан гочинабизе пачалихъалъ харж гьабулеб букIараб гIарац гьанже лъабилъ, ункъилъ кьабизе кколеб буго. Щайин абуни хъизанал кIодолъун, гьезие гIарац цIикIкIун биччазе кколеб буго.

Гьедин зама-заманалдасан гIезегIан ахIи-хIур букIуна гьеб суалалда тIасан. Тумаз абула хIакимзабаз жидеегоги борчIизабулин гьениб гьоркьоса пачалихъалъул гIарац.

Азаралда ункънусго минаги, цо азарханаги, ункъо школаги гурони бан батичIого, республикаялъул нухмалъиялъ 2011 соналда хисана гьенир бакIал ралеб компаниялъул нухмалъулев. Гьанже гьенив тун вуго цеве Москваялда бизнесалда вукIарав МухIамадсани Мандиев абулев чи.

Анкьнусиде гIагарун минаги, ункъо школаги, жеги дагьа-макъал бакIалги ран рахъарабго, тумал гочинарураб гьеб «Новострой» абулеб бакIалда парниказул къагIидаялда, лъагIалил бокьараб мехалда пихъ-михъ ва цогидал кванил нигIматал гIезарулеб кIудияб магIишат гIуцIизе кколин гьениб, гьеб кинабго Китаялдасагун Ираналдаса ва Латиназул Америкаялдаса гIунтIун босичIогоян абураб пикру бугоан гьев МухIамадсани Мандиев абулев чиясул.

Гьес Дагъистаналъул нухмалъиялде кагъатги хъван буго тумал гочинариялъул цIияб программа къабул гьабизе кколилан. Гьелда тIад хIалтIулел рагIула хIукуматалъул вакилзаби.

Программа рагIалде бахъине кколеб буго 2016 соналда. Гьединго «Новостроялъул» нухмалъулел рази гьечIо Дагъистан Республикаялъгун Россиялъул экономикияб цебетIеялъул министерлъиялъ гьарулел къотIи-къаяздасаги.

Гьединаб къотIи-къай лъабго буго. Щибаб нухалда бищун хIажалъи бугел рахъал рихьизарун ратуларин гьенирин бицана пресс-конференциялда «Новостроялъул» нухмалъулес. Масала, чIванкъотIун рукъалъул багьа бихьизабун батуларила.

Гьединго бищун кIудияб дандеккунгутIи буго гьадинаб. Россиялъул экономикияб цебетIеялъул министерлъиялъ абулеб буго жидеца биччараб гIарцуда тIаде пуланаб гIарац Дагъистаналъги биччайин.

Амма Москваялдаса дотацияз хьихьараб республикаялъухъа гьеб гьабун бажаруларин чIун руго бакIалъул хIакимзаби. Бажарулеб батичIони, инвесторал ралагьейин жаваб кьолеб буго Москваялъ.

Амма гIадамал гочинариялда хурхараб пачалихъияб программаялъе ратулел чагIи рукIунарин инвесторал, гьеб тIубан батIияб суал бугин абуна пресс-конференциялда «Новостроялъул» нухмалъулев МухIамадсани Мандиевасги.

Хадуб хал кколел батIи-батIиял идарабаз ришват хIисабалда 30 млн гъурущ тIалаб гьабулеб бугин «Новостроялъул» нухмалъулесухъаян абун букIана журналистазе интервью кьолаго республикаялъул нухмалъулес.

Гьелъие баян кьеян абуна гьесда «Новое дело» газеталъул журналисталъ.

МухIамадсани Мандиев: «Президентасул рагIабазе баян кьоларо дица. Гьесухъ цIикIкIун баян батила, гьесда гьикъе».

Гьединго цебехун бицухъе, гьеб компаниялда сверухъ гIезегIан ахIи-хIур букIуна. БукIине кколелдаса жиндирго хъулухъалдаса пайда босунилан нахъе вахъана Мандиевасда цеве вукIарав нухмалъулев. Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул Шималияб Кавказалда бугеб БетIераб БутIаялъ цIех-рех гьабулеб буго гьесда хурхун.

Щуго млн гъурщил багьаяб къадаралда гьабизехъин букIараб хIалтIи нахътIамун буго. БитIун 2011 соналда бахъун буго къанун. Гьелда рекъон, бакIал раялъул хIалтIаби гьаризе изну щвезелъун къец лъазабизе ккола сайтаздасан баяналги кьун.

Гьеб рахъалъ хIалтIи щвалде щвараб гьечIилан монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъул дагIба буго гьабсагIаталда вугев нухмалъулесдехунги. Масала, Новолакалдаса МахIачхъалаялде аскIоре гочинарулел тумазе минаби ралел руго гIицIго цохIо Новолак мухъалъул администрациялъ.

Гьенир 70 проценталъ хIалтIаби гьеб мухъалъул администрациялъ гьарулел ругилан пресс-конференциялда Мандиевасги тасдикъ гьабуна.

Гьелъул магIна бугин гьел чагIаз тIокIав батIияв чи гьеб бакIалде аскIове къазе тунгутIийин рикIкIунеб буго монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъ. Амма Мандиевас абулеб буго къецалда гIахьаллъизе рачIунел гьечIин цогидал бакIал ралел компаниял.
XS
SM
MD
LG