МагъчIваялъе рес

Нахъе бахъараб рейс


АнцIила цоабилеб августалда бакъанида сагIат анкъо тIубараб заманалъ Москваялде роржине кколаан цудунго босараб билеталда рекъон «ВИМ-АВИА» авиакомпаниялъул аэропланалда. 12 августалда, моцIалъул хIухьбахъиги лъугIун хIалтIуде, Дагъистаналдаса Москваялде щвезелъун.

Рейс нахъ бахъулеб бугин цо сагIаталъ абураб смс лъазаби бачIана телефоналде. ГIиллаги гьечIоан хъван.Заманалда рокъоре щвезе ва нахъисеб къоялъ хIухьбахъи лъугIун хадусан хIалтIуде иналде хIадурлъизе заманги хутIулеб бугин ,тIубараб къоялъ МахIачхъалаялда тира –сверизе ресги бугин абун босун букIана бакъанида билет.

Амма микьго тIубараб мехалъги роржине колел пассажирал, самолеталда гIодор чIезе цин риччалел рукIинчIо сагIат ичIгоялде хIалтIун хадусанги.

Лъицаниги пассажиразул ракI гIодобе биччазабулеб калам гьабун лъазабиги гьабулеб букIинчIо, щай гIадамал балагьун чIун ругел, боржине кколеб заманалда самолет боржине ресги кьоларого.

Нижеца самолеталда рекIун ине билет босараб кIиабилеб нух буго МахIачхъалаялдасан жиндир заманалда самолеталъе боржине рес кьоларого.

Цадахъ самолеталда роржине кколезулгун кIалъаралъай гьабидал гьез нижехъ гIажаибгоги балагьун абуна гьеб кидаго гьабулеб иш бугин МахIачхъалаялъул аэропорталъ ва лъицаниги, кинаб букIаниги миллатги гьабуларин балагьун чIун ругел гIадамазул, гIилла бицунарин , щиб кин лъугьаниги хIехьон чIезе колел лъун рикIкIунин гьез гIадамал абун.

«Гьеб нужеда тIоцебе бихьулебищ бугеб «-ян дун гIад-хочI цин гьаюна цо-цояз.
Амма ниж гIажаиблъизаруна, тIадежоялъеги ракъги бакъван нижерго разилъи гьечIолъи рагIун загьир гьабун рукIана.

РакIалда къан йикIана дандчIвазе москваялъул Домодедово аэропорталде ячIун чIун йигей ясги.

Киданиги рихьун рукIинчIо самолеталда улбулгун роржунел лъималазул гьеб къоялъ гIадин гIемераб къадарги.

МахIачхъалаял аэропорталда кинабго чIалгIарал лъималаз гIодор чIезеги толарого, лъималги кверда чIван хьвадилел улбулги, чIучIадиялъ гIодулел лъималги, лъалареб информацияги ,кидал рекIинарулел ,роржинего ругищ гьечIищали.

Нижеца байбихьана аэропорталда цIехезе цо гIаги гьаб рейсалъул жаваб кьолев чи ватулищан. Батана «Старший диспетчер смены»- абун хъвараб кабинет , жаниб канлъи свинабураб. Гьенив жанив ,диваналда гIодов чIун телефонгун хIалев вукIана «ВИМ-АВИА» компаниялъул гIаламатал ругеб ретIелги ретIарав дагъистанияв.

-Кив вугев сменаялъул цIикIкарав?- абун гьикъана нижеца.

-ГьечIо гьев, щиб къваригIун букIараб? -ян габуна гьес нижеда.

-Сменаялъул цIикIкIарав кив вугев ,суал кьезе къваригIун буго щай нижер самолёт боржине биччалеб гьечIеб абун-?

-Дуе йоржинейищ къваригIун бугеб? Йилълъа, дица рекIинайила мун самолеталда!- ян абун кинабго хабар махсароялде сверизабизе хIал бихьана гьес.

Нижер суалаздаса ворчIизе бакI гьечIолъи бичIарабго гьес ниж тIаса ккезаризе гIамал гьабуна.

«ГьечIо сменялъул цIикIаравги, гьев жакъа хIалтIуларо, унтун вуго»- ян абун
«Ватани гьев хисулев чи вукIине ккола, кив гьев вугев, щай жиндирго бакIалда гIодов чIун гьечIев ?»-ян абун ниж цIехолдизе байбихьарабго гьес цевеса инее гIамал гьабуна.

ЦIехолев вукIин бичIарав сменаялъул цIикIкарав вачIана жиндирго хIалтIул бакIалде
Гьес самолет боржине кватIиялъул гIайиб тIубан авиакомпаниялда тIад лъуна.

Коновалов Владимир: «Дун вуго сменаялъул цIикIкIарав Коновалов Владимир аэропорталъ гьеб компаниялъулгун къотIи гьабун буго. Гьез ритIула самолетал».

«Нижеца жаваб кьоларо самолетал кватIиялъул. ГIайибги аиакомпаниялда буго»- ян Коноваловасе гIоло жаваб кьуна цогидай аэропорталъул хIалтIухъаналъ.

Коноваловасул рагIабазда рекъон самолет заманалда бачIиналдаги, гьелъул техникияб рахъалда, ва самолеталда тад бугеб сервисалъул жаваб кьезе кколеб буго «ВИМ-АВИА» авиакомпаниялъул церехъабаз.

Авиакомпаниялъул церехъаби ралагьулаго ниж цIидасан ккана тIоцеве сменалъул цIикIкIарасул кабинеталда гIов чIун ватун вукIарав чиясухъе.

Гьев вукIун вуго «ВИМ-АВИА» авиакомпаниялъул махIачхъалаялъул аэропорталда вугев цевехъан МухIамад .

МухIамадица рейс кватIизабиялда бан нижеда гьадин абуна

МухIамад: «Аэроплан рештIиналъулниги гьелда гьабулеб рацIалъиялъулниги, гIадамазда гьабулеб лъазабиязулниги,киналъулго жаваб кьезе ккола аэропорталъ.

Жакъасеб къоялъ махIачхъалаялъул аэропорталъул гьечIо ресал гьанире роржунел самолетал киналго къабул гьаризе. Гьединлъидал самолетал бихьизабураб заманалдаса кватIулел руго рачIинеги инеги».

«ВИМ-АВИА» авиакомпаниялъул цогидав цевехъанас кинбукIаниги нижеда цере жалго гIайибал рукIин лъазе тана .

Сергей Долгополов: «Дунги гIаданлъидал ракI гурхIун буго дир нужеда авиакомпаниялъул рахъалдасан тIаса лъугьаян абизеги бокьун буго. Рейс кватIизабиги самолеталъул техникияб рахъалъул проблемаби ратун, гьел лъугIизарулел рукIиналдалъун кватIана къватIире рахъине».

«Щай хас гьабун махIачхъалаялде техникияб рахъалъ лъикIал гьечIел самолетал ритIулел нужер компаниялъ кидаго. Гьедин абулеб буго цо-цо пассажираз»?-ян йикъана нижеца.

Сергей Долгополов: «Гьеб суалгун нуж Вим Авиакомпаниялъул генералияв директорасухъе инее ккелаха».

МахIачхъалалъул аэропорталъулги авиакомпаниялъул церехъабазулги гьечIо цоцазда ричIараб, цадахъаб, гIадамазе, гьел роржунаго проблемаби лъугьунгутIизелъун цадахъ рекъон гьабулеб хIалтIи.

«ВИМ-АВИА» авиакомпаниялъул цевехъанас бичIуледухъ абуна нижеда гьезда гьабизе кIолеб, яги гьезда бараб жо рейсал кватIизариялда бараб ишалъул букIунареблъи.

ХIакъикъаталдаги щиб жаваб кьелеб сменалъул кIудиясги, гьединго самолеталда тIад лъолеб гъоркье бахъулеб къаялъул гурони иш лъаларел авиакомпаниялъул церехъабазги.

Жаваб тIалаб гьабизе бегьулел , нижер рейс хъвараб заманаялъ аэропортазда рукIунарелъул.Гьел жиде-жидер рахIатал рукъзабахъе руссараб , къаси сагIат ичIго тIубараб, жаваб тIалаб гьабизе чи гьечIеб заман букIана.

СагIат ичIгоялда кинги ниж самолеталде риччана.

Нижеда цере рукIана лъимал гъештIа чIварал, свакарал улбул.

Гьале гьезул цо-цоязул бербалагьиял:

МухIамад ГIисаев: «Дида ккола гьеб аэропорталъул гIайиб бугин. Гьадин, цохIо нуцIихъан кIиго лъабго самолет хадуб цебе цIезабизе кколеб бугони, аэропорталъул рес гьечIо букIине кколеб къагIидаялда хIалтIизе.»

«Лъималгун цадахъ ,гьадин кватIараб гIужалда Москваялде щвараб мехалъ, рокъоре аэропорталдаса щвеялъул проблема букIунарищ нужее?»-ян гьикъана нижеца Мадинада.

Мадина: «Рокъоре щвеялъул проблема букIинароан, гьанисан роржиналъул проблема букIуна щибаб нухалъ. Цо нухалъ бугеб проблема гуро гьаб гьадин рейсал нахъ рахъи.

ГIадамазул ургъел цин букIунаро гьезие.

Жеги нуж тIаса лъугьа, нужее къварилъиги гьабуна ян нижеда абичIо, букIине кколеб жоялде гIадин ралагьула аэропорталъулги авиакомпаниялъулги церехъаби рейсал нахъ рахъиялдехун.
Лъималгунищ ниж роржунел ругел ,яги хIайваналгущ роржунел ругел, гьезие къварилъи букIунаро».

РакI ракIалъ жидерго къварилъиялъул бицунеб букIани гIадамазе бокьулеб букIинчIо жидерго цIарал абизе яги лъималазе бугеб гIакъубаялъул сурат бахъизе. Мадинал цIарги нижеца хисизабун кьолеб буго

ПалхIасил 11 августалда Вим Авиа компаниялъул самелеталъул , бакъанида 7 тIубараб мехалъ боржине кколеб букIараб рейс нахъ бахъиялъул хIасилалда москваялъул Домодедово аэропорталдасан рокъоре ниж щвана рогьалилъ сагIат 4 тIубараб мехалъ.

Рейс нахъ бахъиялъул хIасилалда кватIун аэропорталде щварал гIадамаздаса кIиго бутIаялъ таксиялъухъ гIарацги босун жидеего хайир гьабизе хIаракат бахъулеб бугоан таксистазги.

Цо-цо гIадамал рогьинегIан, метро рагьизегIан аэропорталдаго гIодор чIунги хутIана.

«Нилъер улкаялда гIадамазул ургъел киданиги гьабизе батиларо.»- ян абураб пикрогун рикьарихана 11 августалда МахIачхъалаялдасан нижеда цадахъ роржарал кватIараб рейсалъул пассажирал.
XS
SM
MD
LG